МагъчIваялъе рес

Америкаялъ лъазаруна Тодашев чlваялъул мухlканлъаби


Тодашев Ибрагьим
Тодашев Ибрагьим
Америкаялъул Флорида штаталъул прокуратураялъ талат къоялда къватIире кьуна 27 сон барав чачанав Тодашев Ибрагьим хвеялъул мухIканлъаби. Гьев чIван вукIана ФБРалъул хIалтIухъанас сурав босулеб мехалда араб соналъул маялда.
Орландо шагьаралда Тодашевасул рокъоб сурав босулеб мехалда ракIалдаго гьечIого гьев маххул тIилгун тIаделъун вуго ФБРалъул хIалтIухъанасде. Гьедин лъазабулеб буго гьеб ишалъул цIех-рех гьабулев вукIарав прокурорас. Живго цIунизелъун кьвагьизе ккун бугин гьесгийин абулеб буго прокурас.

Паталогоанатомасул баяназда рекъон, Тодашевасе щун буго гуллил анкьго ругъун. ЦIех-рехчияс живго цIунизелъун гьесде кьвагьи битIараблъун лъазабун буго.
Тодашев вукIун вуго араб соналъул апрелалда Бостоналда марафоналъул заманалда кьвагьи гьабурал вацал Тамерлан ва Жовгьар Царнаевазул гьудуллъун. Гьесда гьединго гIунтIизабулеб букIун буго 2011 соналда Массачусетс штаталда лъабго чи чIваялъулъ гIахьаллъи букIиналъул гIайибги. Сурав босулеб мехалда гьев мукIурлъун вуго гьелъие ва байбихьун буго гIарза хъвазе, амма хадуб цинтIаго хъвалеб жоги чIезе тун гьев тIаделъун вуго ФБРалъул хIалтIухъанасде.
XS
SM
MD
LG