МагъчIваялъе рес

Россиялъул байрахъ борхун буго Крымалда 193 рагъулаб бутlаялда


Россиялъул рагъулал къуватазул Генералияб штабалъул нухмалъулев армиялъул генерал Валерий Герасимовас лъазабуна Крымалда Украиналъул армиялъул 193 бутIа Россиялъул нухмалъиялде гъоркье бачIун бугин. Гьесул рагIабазда рекъон, Украиналъул рагъулаз ва гьезул хъизабаз Крым тезе байбихьизе буго арбагI къоялдаго. Гьел нахъе рачунел руго ярагъги гъоркь тезабун.
Гьебго заманаялда Россиялде гъорлъе араб Севастополалъул бетIер Алексей Чалыяс лъазабуна цIуна-къаялъе гIуцIарал къукъаби риххулел ругин ва «къватIисан тушбабазул шагьаралъе тIокIаб хIинкъи гьечIин».
Крымалъул цIуна-къаялъул къукъаби-гьел руго лъикI яргъидалъун ва цоги хIажаталдалъун хьезарурал къукъаби. Информалатаз гьезда абулаан россиялъул аскаралин, амма Москваялъ гьеб нахъчIвалеб букIана.
XS
SM
MD
LG