МагъчIваялъе рес

Амировасул иш диванханаялде битIана


МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амиров, Москваялъул диванханаялда, 14Июн2013
МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амиров, Москваялъул диванханаялда, 14Июн2013

Гьал къоязда Ростовалда бугеб Шималияб Кавазалъул рагъулаб диванханаялде кьун буго МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировасда хурхун рагьараб такъсир гьабилъул иш. Гьелъул цебеккунисеб халгьаби тIобитIизе буго 14 апрелалда.

Цебеккун абулеб букIана Амировасда тIад гьабулеб диван тIобитIизе кколин Дагъистаналдаян. Амма моцIалъ цебе гIадин лъана диван Ростовалда тIобитIизе букIин. Округалъулаб рагъулаб диванханаялъул ихтияр рагIула экстремизамалдагун терроризмалда хурхараб кIвар бугел ишазул халгьаби жидерго доба тIобитIизе.

Амировасде гIунтIизабулеб буго чанго такъсир гьабиялъул гIайиб. «Регнум» агентлъиялъ кьураб сияхIалда гьоркьоб буго 2007 соналъ прокруратурялъул хIалIтухъан ГIумаров ГIабдулбасир чIвалъул, гьединго 2011 соналъ «Водоканал» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIалиев МухIамадхIажи чIваялъул, цIех-рехалъул хIалтIухъан ХIажибеков Арсен чIваялъул ва ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан ГIашурбеков Нурлан чIвазе къасд гьабиялъул гIайибги.

2013 соналъул 1 июналда Лефортоваялъул туснахъалда жанив тIамуралдаса гьанжелъизегIан чанго нухалда нахъе бахъун букIана Амировасда тIад такъсир гьабиялъул халгьаби. Гьабнухалдаги Ростовалъул диванханаялъ тIобитIизе бугеб халгьабиялъул чIван къотIараб къо-моцI лъазабуниги жибго диваналъул процесс чанго моцIалъ халат бахъине бугилан рикIкIунеб буго «Черновик» газеталдаса Агаев Маирбекица.

Агъаев Маирбек: «Киназдаго ракIалда кковухъе гьедигIанго хехго лъугIилин кколаро гьеб диван. Чанги къоял ва моцIал ине руго гьеб халат бахъинабулаго. Цо жо мухIканго абизе кIола диваналъул халгьаби байбихьаниги я Амиров ритIухъ гьавурав, я гьесие чIванкъотIараб тамихI къотIараб хIукму нилъеда рагIизе гьечIо. Диваналъул халгьабиги ва процессалъул хIалтIи цIакъ хIинцIго ине буго цебе, щайгурелъул жакъакъоялъги рагIа-ракьанде щун рагьун гьечIо Амировасде гIайиб гIунтIизабулел хIужаби ритIухъ гьабулеб цониги далил. Гьелъул рахъалъ цIех рехчагIазда цебе Амировасул адвокатазул кIудияб тIокIлъи буго».

Гьединго адвокатас тIаде жубана диваналъул халгьаби тIобитIулебгIан заманалда нилъеда рихьизе бегьулин жеги Амировасул цIиял адвокаталги, щайгурелъул гьесул гIага божарал кинабниги гIарцуда барахщинчIого хIалтIулел ругелъул гьев къватIиве вахъизелъун. ЦIиял адвокатазда бараб жоги гIемераб букIунин.

Жибго Дагъистаналда цохIо Амировасул гIага-божарал гурелги руго гьев къватIиве вачIиналъухъ балагьун чIун, гьез гьеб бахчулебги гьечIо. Тахшагьаралъул къватIазда рихьизе бегьула «СагIид Джапаравич, ниж божула дуда гIайиб гьечIин абураб жоялда ва ниж урхъун руго мун къватIиве вачIиналъухъ» абурал игIланал.

Дагьаб цебе абуни Амировас 60 сон тIубаялда хурхун кIудияб концерт кьуна гьесул гIага-божараз ва гьесул рахъ ккуралги гIадамаз «Россия» абураб кинотеатралъул залалда. МагIарулазда гьоркьоб квешго къимат хванин гьеб тадбиралде кечI ахIизе арай магIарулазул кочIохъан Зайнаб Махаевалъулги ва ва гьенив Амировасул рахъккун кIалъазе цеве вахъарав полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадилги ян хъалеб букIана гьеб тадбир гьркьоб лъун социалиял сайтазда унеб букIараб бахIсалда гIахьаллъулез.
XS
SM
MD
LG