МагъчIваялъе рес

Г.Шведов: къуваталъул нух- хадуб рортулеб гвенд


Изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе унел рукIиналда щаклъи бугев ункъгояв чIвана Хасавюрт мухъалда итни къоялда низам цIунулез. Дагъистаналда хасал операциязул гIаммаб къадар дагьабго гурони гIодобе унеб батичIониги, гьел операцияз рихьулел хIасилал кьолел ругин рикIкIунеб буго экспертаз.

«Бабаюрталъулабин» абулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялде гъорлъе унев ункъгояв чIванин Хасавюрт мухъалда низам цIунулезин лъазабулеб буго терроралде дандечIараб миллияб Комитеталъ. Лъазабиязда рекъон, оперативиял тадбирал тIоритIулел рукIун руго Хасавюрталда ва низам цIунулез автомобилал чIезарулел рукIун руго хал-шал гьабизе.

Иргадулаб автомобиль чIезабураб мехалда, салоналда жанир ругез полициялъулаздехун кьвагьдезе байбихьанин, лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Низам цIунулезул информациялда рекъон, чIваразда гъорлъ ватана «бабаюрталъул» къукъаялъул цевехъан Идрис Акавов. 2011 соналъул сентябралда гьев «рохьилазда» гъорлъе анин ва федералияб цIех-рехалда лъун вукIанин бицана жанисел ишазул министерлъиялда.

Терроралде дандечIараб миллияб Комитеталъ лъазабухъе, чIвараз терроралда хурхараб чанги такъсира гьаруна. Гьелги: низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвай ва чIвазе хIалбихьи, «флешкаби» ритIун бизнесменазухъа гIарац бахъи, гIаракъи бичулел тукенал кьвагьизари ва гь.ц. Мисалалъе, чIваразда гъорлъ ватарав 20 сон барав ИсмагIил Хъазанбиевас Федералияб хасаб хъулухъалда хIалтIулев вукIарав жиндирго имгIал чIванилан лъазабулеб буго низам цIунулез.

Къуваталъул операциял гьаричIого Дагъистаналда анкь унеб гьечIин абизе бегьула. Цодагьалъ цебе хасаб операция Гумбет мухъалда тIобитIана, МахIачхъалаялда полициялъулазда ва «рохьилазда» гъорлъ иналда щаклъи бугесда гъорл кьвагьдей ккана, Гъизилюрт мухъалда низам цIунулез изну гьечIого яргъид гIуцIарал цIехолел рукIана. Амма терроралда хъинтIарал лъугьа-бахъинал гIемерисала колел руго Хасавюрт мухъалда.

Гьал къоязда гьеб мухъалъул Винсовхозный росдал цояб авалалда низам цIунулезда батана ярагъ бахчараб бакI. 32 граната, Калашниковасул автоматалъул 42 магазин, кьвагьул алатазул цIезабураб кIиго таргьа, детонатарал – гьединаб ярагъ батана полициялъулазе. Дагъистаналда терактал ва терроралъул такъсирал гьаризе хIадурараб ярагъ букIанин гьебилан риккIунеб буго къуваталъулаз.

Гьединго гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда полициялъулаз куна 27 сон барав чи. Хасавюрт мухъалъул Новосельское росулъа «рохьилавлъун» полициялъ рикIкIунев Аюб Къасимовасе кумек гьабулеб букIун буго ккурасилан лъазабуна МВДялъул пресс-хъулухъалъ. Гьанибго тIаде жубала Къасимов гъоркьисала чIвана хасаб операциялда.

«Кавказский узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовасул пикруялда рекъон, балагьараб мехалда къуваталъул операцияз хIасилал кьолел руго.

Григорий Шведов: «Инсанасул ихтиярал цIунулез кидаго бицунеб букIуна цебе терроралде данде къеркьолел рукIанин батIи-батIиял механизмалги хIалтIизарун ва 2013 соналдаса байбихуьн цохIо къуваталъул нух тIаса бищанин. Цо гьеб нух хIалтIизаби мекъаблъун бихьула дида. ТакъсирчагIи ругони, гьел цIехезе ккола, рохьилазул кумекчагIи ратании – гьел цIехезе ккола. Амма бербалагьи сабаблъун киналго гIадамал такъсирчагIилъун рикIкине бегьуларо. Гьеб цо рахъ. КIиабизе, 2013 соналда къуваталъул операциял гIемерлъана. 2012 соналъулги 2013 соналъулги «Кавказский узелалъ» гьабураб оперативияб статистикаялъул хал гьабуни, бихьизе буго араб соналда терроралъул такъсиразда чIваразул ва лъукъаразул къадар дагьлъараблъи. Инсанасул ихтиярал цIунулезги, нилъецаги щиб абуниги, къуваталъулазул хIалтIул лъикIал хIасилал руго гьабсагIат. Нилъеда бичIизе ккола, къуваталъулазда жидерго хIалтIи эффективияблъун бихьулеб букIин».

Амма Шведовасул пикруялда рекъон, жакъа къоялда къуваталъул нухалъ лъикIал хIасилал кьолел рукIаниги, бачIунеб заманалда гьеб нухалъ республика бачине бегьула рагъулаб конфликталде.
XS
SM
MD
LG