МагъчIваялъе рес

ГIиракъалъул журналистазул протест


ГIиракъалда гьатIан къоялъ анцI-анцI газета басмаялде кьабун гьечIо «Эркенаб ГIиракъ» радиоялъул бюроялъул бетIер МухIамад Бдайви Овайда аль-Шамери чIваялда хурхун бихьизабураб протест хIисабалда.

Гьадинаб жигаргун цере рахъана ГIиракъалъул журналистазул цолъиялъул бутIрул.

МухIаммад Оваида реччIун чIвана рагъулав хъаравулчияс ГIиракъалъул президентасул кIалгIаялда аскIов. Оваида жиндир офисалде унев вукIана. БалагьутIа-бакIалда гьесда ва гьев хъаравулчиясда гьоркьоб дагIба-рагIи багъарана.

Гьелъул хIасилалда Оваида чIвана. ЧIвадарухъан ккун вуго.
XS
SM
MD
LG