МагъчIваялъе рес

ОБСЕ-ялъул тохалчагIи ине руго Украиналде


Европаялда хIинкъи ГьечIолъи ЦIуниялъул ва цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъ хIукму гьабун буго Украиналде гражданиял тохалчагIазул къукъа битIизе.

ГIаммаб къадаралда - щунусгогIан чияс анлъго моцIалда жаниб гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъ хал-щал гьабизехъин буго.

Гьадинаб къотIи гьабун буго рузман къоялъул къаси Австриялъул тахшагьар Венаялда. Гьелда разилъана Россиялъул вакилзабиги.
XS
SM
MD
LG