МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда - теракт


Талат къоялъ Афгъанистаналъул Фарьяб вилаяталъул Меймен шагьаралда бугеб базаралъул майданалда живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алат хIалтIизабун жиндаго цадахъ жеги 13 чи чIвана.

Гьеб теракталъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо. 5 апрелалда Афгъанистаналда тIоритIила иргадулал президентасул рищиял. ТIалибаз цо гуреб нухалъ лъазабулеб букIана гьел рищиязе жидеца кьварараб квалквал гьабизе бугин абун.
XS
SM
MD
LG