МагъчIваялъе рес

Сергей Лавровги Джон Керриги дандчIвалел руго Лондоналда


Украиналъул кризисалда хурхарал гара-чIвари гьабулеб буго Лондоналда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас ва Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.

Гара-чIвари байбихьилелда цебе Лавровас журналистазда лъазабуна, ахIвал-хIал захIматаб бугин, гIемер заман гIадада хвезабунин.

Керрица лъазабуна, нижер бербалагьиял дандекколел гьечIониги, гIамал гьабизе бугин цадахъ цере иналъе ресал ралагьизейин.
XS
SM
MD
LG