МагъчIваялъе рес

"ГIорхъаби лъаларел репортераз" бахъун буго "Интернеталъул тушбабазул" сияхI


"ГIорхъаби лъаларел репортерал" абураб информалатазул эркенлъи цIунулеб гIуцIиялъ бахъун буго "Интернеталъул тушбабазулин" абулеб санайилаб сияхI.

Интрнеталда цензура чIезабурал ва халкквей гьабулел улкабазда гъорлъ цIидаса рихьизарун руго Беларусь, Иран, Россия, Туркменистан, Узбекистан. Исана гьелде тIаде журан руго циял улкабиги. Гьезда гъорлъ руго Цолъарал Штатал, Британия ва Индия.

Докладалда абулеб буго гьел улкаби Интернеталъул эркенлъи хвезабиялъул бербалагьиялдаса цере рехсарал улкабаздаса кигIанги лъикIал гьечIин.
XS
SM
MD
LG