МагъчIваялъе рес

Россиялъул МИДалъ загьир гьабуна ургъел


Россиялъул къватIисел ишазул министерлъилъ ургъел загьир гьабуна машрикъалъул Украиналада загьирлъулеб, гIурусазда ва гIурус мацIалда кIалъалел гIадамазда хурхун билъанхъизабулеб, гьелъ абухъего, "беспределалда" бан.

Гьединаб лъазабиялъе гIиллалъун ккун буго шамат къоялда Харьковалда, гьелъ рикIкIунхъе, ультранационалистал ракълилаб митингалда гIахьаллъулезде кьвагьдей.
XS
SM
MD
LG