МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда чlван вуго бакlалъул нухмалъулев


Афгъанистаналъул Джалалабад шагьаралда кьвагьи гьабиялъул хIасилалда 8 марталда чIван вуго Нангархар абулеб провинциялъул Назиан административияб мухъалъул бетIер, лъукъун вуго жеги анлъго чи.
Полициялъул баяназда рекъон, бомба рекIинабун букIун буго автомашинаялда гъоркь. Гьеб кьвагьиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.
XS
SM
MD
LG