МагъчIваялъе рес

Балкаразул депортациялъе 70 сон


Шамат къоялда Нальчикалда митинг тIобитIулеб букIана балкаразул халкъалъул вакилзабаз. Гьез гьениб ракIалде щвезабулеб букIана 70 сон цебе жидер халкъалъе Сталиница гьабун букIараб депортация ва тIалаб гьабулеб букIун буго жидее гьабураб заралалъухъ компенсация. Тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда гьез жидерго гьединаб данделъиялде ахIун рукIун руго черкессалги. Митингалда гIахьаллъун вуго 600 гIан чи. Гьедин лъазабулеб буго Нальчикалдаса нижер мухбираз.
XS
SM
MD
LG