МагъчIваялъе рес

Хурги бекьичIони, бокьги бахъичIони…


Жакъа Дагъистаналда реххун тун рагIула жиндаса пайда босизе бегьулеб ракьул 500 азаргоялде гIагарун гектар, гьелъулги 60ялдаса цIикIкIун гектар рагIула бекьулеб ракьул. Щай ракьал гIолел гьечIин зигардулеб Дагъисталда ругездасаги пайда босулеб гьечIеб?

Росдал магIишат цебетIезабиялъул мурадалда жиндаса пайда босулеб ракьул инвентаризациялъулаб хIалтIи гьабидал, баянлъана 443 азарго гектар ракьул рехун тун бугеблъи, ай букIине кколедухъ гьелдаса пайда босулеб гьечIолъи. Гьединаб баян кьуна Дагъистаналъул пачалихъияб мал-мулкалъул министерлъиялъ.

Гьеб министерлъиялда тIобитIараб данделъиялда бицана жиндаса букIине кколедухъ пайда босулареб яги тIубанго рехун тараб ракьалда гьоркьоб бугин 64 азарго гектар бекьулеб ракьул, 16 азарго гектар хер бецулеб бакIалъул, 395 азарго гектар боцIи-панз кваналеб гIалах-мегIералъул. Гьездаго гьоркьоб бугила 87 азарго гектар пайда босиялдаса инабураб ракьулги.

Пачалихъияб мал-мулкалъул министерлъиялда бицухъе, гьабсагIаталда гьезул хIалтIухъабаз хал-шал гьабун рагIула республикаялъул гIодоблъиялда бугеб 13 мухъалъул бетIергьанлъиялде кколел ракьазул. Гьебин абуни ккола росдал магIишаталъ пайда босулеб тIолабго ракьул 55 процент. Аслияб куцалда ракьал рехун теялъе гIиллаги кколеб буго гьезда аскIоса гIебеде ралел бакIал гIемерлъи ва гьел, министерлъиялъул баяназда рекъон росдал магIишаталъулин рикIкIаниги, гьанже гьединаллъун ккунгутIи. Гьединал ракьазул къадарги бащалъун буго 44 азаралда 300 гаялда. Бищун гIемер рехун тарал ракьал ратун руго Гъизляр, Хасавюрт, МухIарамкент ва Дербент мухъазда.
Гьанже рачIаха, Дагъистаналъул Халкъияб Шураялде хитIаб гьабулаго, республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабун букIаралъухъ гIенеккизе.

«Дагъистаналда расги пайдаги босичIого рехун тун руго нусаза-азар гектар ракьул. Хвезе тун руго ракьал лъалъаялъе пайда босизелъун рахъун рукIарал лъел каналал. Гьединлъидал, нилъеда бичIчIизе ккола ракьул щибаб гектар хIалтIизабизе кколеблъи. ХIалтIизабулареб ракь батани, гьелъул бетIергьанчиясухъа нахъеги босун, хIалтIизабулесухъе кьезе буго ва гьединал ракьал ратарал мухъазул нухмалъулел гIадлуялдеги цIазе руго», - ян лъазабун букIана ГIабдулатIипов Рамазаница.

Рехун тарал ракьал жидер бетIергьанлъиялде кколел мухъазул нухмалъулезе гIадлу гьабизе бугебищинха цIехедал, гьеб жидер иш гурин ва республикаялъул бетIерас щиб хIукму къотIизе бугебали лъаларин жаваб кьуна рехсараб министерлъиялъул цIар рехсезе разилъичIев хIалтIухъанас.
Журналист ва юрист МухIамадов Бияхъайица бицухъе, муниципалитетазул нухмалъулезе гIадлу гьабуниги гьабичIониги рехун тарал ракьал дагьлъизе рагIуларо, гьеб ракь хIалтIизабулезе хIукуматалъ кумек гьабулеб гьечIебгIан мехалда.

МухIамадов Бияхъай: «Нилъер гIадамазе хIалтIизеги бокьулеб гьечIо. ХIалтIизе рачIарал китаялъулалги толел гьечIо, квотаби гьечIиланги абун. Масала, нижер росулъ 50 миллионги биччан нухги гьабун теплицаби ран рукIана. РачIун милициялъул хIалтIухъабигун гьел рачун ана. Жалго росдал гIадамалги рилъунел гьечIо хIалтIизе. Гьединги бугеб мехалда кин цебетIезе бугеб росдал магIишат. Пенсиябиги пособияги щолеб буго ва гьебги кванан гIадамалги чIолел руго. ЦебегIадин колхозазул-совхозазул нусго ва жеги цIикIкIун гектарги босун хIалтIизе гIадамазе бокьулеб гьечIо. Бокьарал кканиги техникаги гьечIо, гъозие гьабулеб кумекги гьечIо».

Жакъа росдал магIишаталда хIалтIулев чиясда хIукуматалъ кверчIвалеб гьечIебгIан мехалда, рехун тарал ракьал тIадеялдаса тIаде цIикIкIун гурони дагьлъизе гьечIин рикIкIунеб буго МухIамадов Бияхъайица.
Гьединго, республикаялъул нухмалъиялде ГIабдулатIипов Рамазан вачIараб мехалда гьес лъазабун букIана щивав депутатас, идараялъул нухмалъулес, ун жидерго росулъегун хургIаги бекьизе ккелилан. Нижехъе щварал баяназда рекъонин абуни, росулъ хур бекьулев, ах гIезабулев хIаким жеги ккун гьечIо.
XS
SM
MD
LG