МагъчIваялъе рес

Щиб гьабизе Россиялъе Крым?


Москваялда митинг, 07Мар2014
Москваялда митинг, 07Мар2014

Россиялъул Федерациялъул Шураялъ ва Пачалихъияб Думаялъ лъазабулеб буго нагагь 16 марталда рефрендумалда Крымалъул халкъалъ Россиялде гьоркьобе бачIиналъел рахъ ккуни гьеб нахъ чIвазе гьечIин абун.

Россиялда чанго шагьаралда тIоритIулел рукIана Россиялде гьоркьобе Крым бачIиналъул рахъ кколезул митинигал.
Москваялда чанго азарго чи гIахьаллъараб митинг унеб букIана Васильевасул цIаралда бугеб гъоркьерагIелалда БагIараб майданалда аскIоб.
Гьенире ракIараразухъ кодор рукIарал хъвайхъвагIаязда рукIана «Крым, ниж нужгун цадахъ руго», «Нижеца нижералго рехун толаро» ян абуралги цогидалги гьезда релъаралги ахIиял.

Жалго гIадамазухъ гIенекканиги гьел цIакъ рохун руго Крым Россиялде гьоркьобе бачIунеб букIиналдаса.

«Россия, Украина, Крым, Белоруссия- киналго вацлъиялъул халкъ бугел республикаби ккола».

«Нижерго цадахъалги рачун рачIун руго крымалъул рахъ кквезе».
«Нижеца киназго хIатIалги квералги рорхун рахъ колеб буго Крым Россиялде гьоркьобе бачIиналъул».

«Дир кIудияв эменги вукIана Крымалда вагъулев. Нижецаги рахъ кквезе ккола Крымалъул гьенире бандеровал риччангутIизе».-гьедин абулеб букIана митингалде ракIарараз".

Митинг гIуцIаразул хьул буго 20 азарго гIанасев чи гьениве вакIарилин. Байбихьуда 5 азарго гIанасев чи вукIана.

Киналго митингалде рачIаразул ракI чIун буго I6 марталда Крымалда гьабураб референдумалда крымалъул халкъалъ Россиялде гьоркьоб бокьилин абиялда. РакIараразда цере кечI ахIизе россиялъул киназдаго лъалел артисталги рачIун рукIана митингалде.

Россиялъул Пачалихъияб думаялъги Федерациялъул шураялъги лъазабулеб буго крымалъул халкъалъул рахъ кквезе бугин нагагь гьез I6 марталда референдумалда Россиялде гьоркьобе бокьилилан халкъалъ лъазабуни.
Рузманкъоялъ тIобитIараб данделъиялда гьелъул хIакъалъ лъазабуна Федерациялъул шураялъул спикер Валентина Матвиенкоца.
Рузманкъоялъ Москваялъ къабул гьабуна крымалъул ТIадегIанаб шураялъул гIахьалчагIазул делегаталги.

Крымалъул ТIадегIанаб шураялъул нухмалъулев Владимир Константиновас дандчIваялда лъазабухъе Россиялде гьоркьоре рачIиналъул лъазаби ккола киналго тIад рекъон гьабураблъун.

Владимир Константинов: «Нижеца киназдаго бичIун гьабураб къотIи ккола гьеб. ГьабсагIаталда Украинаялда бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босунги, хадуб ккун къанунал цIунизелъунги ва халкъалъул ихтияралги , инсанасул гIумру цIунизелъунги».

Амма щиб гьабизе Россиялъе Крым?- абун суал лъолелги руго россиялъул халкъалда гьоркьор.

«Кибе балебали лъаларогонищ россиялъул гIарац бугеб. Дагьаб проблемайищ Крым гьоркьобе бачIиналъ гьабизехъин бугеб. Россиялъул жидерго халкъалъе харжал кьезеги цин гIарац гьечIо»,-гьедин нижер радиоялъе абуна москваялъул медицинаялъул университеталъул студент Асиятица.

Россиялъул рахъалде гIайиб гIунтIизабулеб буго бакътIерхьул рахъалъул улкабазги, Цолъарал Штатазги.

Россиялъул президент Владимир Путинилгун букIараб сагIаталъулаб телефоналдасан кIалъаялда Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца ахIун руго украинаялъул ва россиялъул рахъ цIидасан кIалъаралъаязде тIад русине.
Цолъарал Штатазул президентас рикIкIунеб буго россилъ чияр улкаялде рагъулаб тIаде кIанцIи гьабулеб бугеблъунги украинаялъул тIолголъи хвезабулеб бугеблъунги.

Халкъазда гьоркьосеб право хIисабалде босунгутIиялъулги гIайиб гIунтIизабулеб буго Цолъарал Штатаз Россиялде.
Крымалъулги чанги депутатаз лъазабулеб буго Россиялде гьоркьобе Крым иналъул хIакъалъулъ лъазабулеб данделъиялда рукIинчIин жалин абун.
XS
SM
MD
LG