МагъчIваялъе рес

Сердюковасе амнистия гьабун буго


Россиялъул улка цIуниялъул министрлъун вукIарав Анатолий Сердюковасе амнистия гьабун букIан буго гьаб соналъул авалалдаго, амма гьелъул къватIибе бицун букIун гьечIо.
РАПСИ агентлъиялъул баяназда рекъон, хамиз къоялъул къаси Москваялъул адвокатазул клубалъул данделъиялда экс-министрасул адвокат Генрих Падваца абун буго Сердюковасда гIайиб гIунтIизабулез ва гьев цIунулез джентельменазул къотIи гьабун бугин Сочиялда Олимпиадаялда цебе жамгIият багъаризабичIого букIине гьелъул бицнчIого тезейин. Сердюков хъулухъалдаса нахъе гьавун вукIана араб соналъул хасалихъе. Гьеб хIукму хурхараб букIана «Оборонсервисалда» цIогь гьабиялда сверун багъарараб кIудияб скандалалда. Гьесда абуни гIунтIизабулеб букIана хашго хIалтIиялъул гIайиб. Гьес живго гIайиб бугевлъун рикIкIунев вукIинчIо ва сурав босулаго инкар гьабулеб букIана баянал кьезе.
XS
SM
MD
LG