МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъ Крымалде битlана кванил нигIматазул 80 тонна


Крымалде битlулеб кумек, 06Мар2013
Крымалде битlулеб кумек, 06Мар2013

Хамиз къоялъ МахIачхъалаялдасан Крымалъул гIадамазе кумекалъе батIи-батIиял кванил нигIматазул 80 тонна битIун ана. Гьединго крымалъулазе кумекалъе гIарац бакIариялъе рагьараб банкалъул счеталде хъулухъчагIаз жидерго цо къоялъул харжги битIулеб буго.

6 марталъ МахIачхъалаялъул аслияб майданалдасан Крымалъул гIадамазе кумек гьабун битIулеб къайиялъул цIураб 10 юк баччулеб автомобиль битIун ана. АнкьгIан заманалъ цебе Дагъистаналъул тIалъиялъ лъазабун букIана крымалъулазе кумекалъе битIизе къайи бакIаризе бугин Дагъистаналъул росабалъ ва шагьараздайилан.

Гьеб къайи-цIаги босун Крымалде инее вугев Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIалиев ГIалибегилгун букIараб гара-чIвариялда гьес мухIканго бицана крымалъулазе кумек гьабиялъул хIалтIи кин гIуцIун букIарабали, киса ва кигIан къайи гьенибе ине бугебалиги.

Гlалиев Гlалибег
Гlалиев Гlалибег
ГIалиев ГIалибег: «Жакъа Ленинил майданалдасан Крымалде битIана Дагъистаналда рижарал ва гьанир гьарурал, хехго холарелгIадал кванил нигIматазул 80 тонна. Жакъа гьел захIматаб хIалалда руго, гьедин рукIаниги жидее кумек гьабейилан гьаричIо гьез. ГьаричIониги нилъ гIадамалги ругелъул, Россиялда гъорлъги ругелъул тIадаб букIана нилъеда гьединаб кумек гьабизе. Жакъа Россиялъ киназдаго бихьизабизе ккола жиндирго цолъи. Гьаб сагIаталда пачалихъалда захIматаб хIал бугелъул нилъ цолъун , гъункун рукIине ккола. Гьаб тадбир тIобитIиялъе кьучI лъуна Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница. Гьес малъухъе батIи-батIиял мухъаздаса хехго холарел лъикIал нигIматал данде гьарун рукIана. Гьениб буго лавашаса капуста, гIахъущиязул картошка, хьергебдерил консервал гьарулеб заводалъ риччалел пихъил лълъимал. Нижеда гьаб щвезабизе ракIалда буго Крымалъул школа-интернатазде ва цойгидал социалиял идарабазде. Гьединго бокьарав хас гьабун Крымалъулазе кумекалъе гIарац бакIарулеб хасаб счетги рагьун буго Россельхозбанкалда. Гьенибе жидерго цо хIалтIул къоялъул харж битIизе буго дагъистаналъул хъулухъчагIазги'.

Гьединго ГIалиев ГIалибегица бицана гьалдалъул крымалъе гьабулеб кумек лъугIизе тезе гьечIин, гьенибе къайи битIичIониги нилъ кидаго гьезул рахъалда рукIин бихьизабизе тадбирал тIоритIизе ругин республикаялдайилан. Гьединазул цояблъун букIине бугила 12 марталда МахIачхъалаялъул Родопский ахикь тIобитIизе бугеб кIудияб митинг.

ЦерегIан къояз Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабун букIана Крымалдаса тIурун рачIарал гIадамал ругони, бокьараб мехалда гьел къабул гьаризе хIадур ругин Дагъистаналдайилан. Гьезие гIумру гьабизе рукIине кколел шартIалги чIезаризе ругилан. Гьелдаго релълъараб лъазаби гьабуна гьал къоязда Хунзахъ мухъалъул нухмалъуев Юсупов СагIидицаги. Гьесул рагIабазда рекъон Хунзахъ мухъги хIадур буго крымалъулазе кумек гьабизе ва гьел жидерго дора къабул гьаризе.
XS
SM
MD
LG