МагъчIваялъе рес

Лъеда гъоркье араб гIарац


Рихьуниб, 05Мар2013
Рихьуниб, 05Мар2013

Унсоколо мухъалъул щуго росдал жамагIат цебегоялдаса нахъе балагьун чIун буго лъеда гъоркье арал ракьазухъ хIукуматалъ рецIалил гIарац кьеялъухъ. Гьез бицухъе, кагъатазда гьеб гIарац цебего кьураблъун бихьизабун буго. Амма гIадамазухъе гьеб щун гьечIо. Гьел росабазул жамагIаталда митинг тIобитIизеги тун букIинчIо 5 марталда.

Унсоколо мухъалъул жамагIаталда ракIалда букIана арбагI къоялъ
кIудияб митинг тIобитIизе. Рихьуни, Зирани, Майданское, ГьаракIуни ва жеги гьитIинаб кIиго росдал вакилзабиги рачIун чанго азарго чи гIахьаллъараб данделъиялъе ургъулел рукIанагьел.

Амма гьезул къасдал хIорлъана. БитIун митинг тIобитIизе гьал хIадурлъулеб ругеб мехалъ цебесеб сордоялъ Москваялдаса ахIун буго гьезухъе нужеца гьабизехъин бугеб ракIа-рахиялъул хабар уяб жойищилан. Уяб бугилан гьаз абидалцин ФСбялдаса, цинги прокуратураялдасул чагIаз жидехъегоги ахIун насихIат цIалун буго митингалъул гIуцIарухъабазе-«Справедливость в обществе» абураб багъа-бачариялъул нухмалъулев ХIамзатов ХIамзатиеги Майданское росулъа ХIамзатов АхIмадиеги.

ХIамзат ХIамзатов «РецIалил гIарцул цо гъурущ щвечIел гIадамазул цохIо Рихьуни руго 220 чи. Гьелги Зирани, ГьаракIуни ва цогидалги росаби рикIкIинчIого. ХIакъикъаталда гьединаб 2000 хъизам буго росулъ жиб жиб хъизамалда лъаб-лъаб ункъо чи вуго, рецIалил гIарацин абуни цохIо хъизамалъе гурони кьоларо. ЦохIо Рихьуни росулъ руго рукъзал гьечIого 228 гIолохъанчи.
2006 соналъ гьанибе рехун букIана цо миллиардги 177 миллион гъурущ. Гьеб гIарац биччан букIан ГЭСги бан бахъинабизе, гIадамалги тIуран цIияб бакIалде гочинаризе.

Гьеб гIарцуда гьоркьоса 157 миллион бихьизабун букIана цIиял рукъзал разе, 590 миллион росдал магIишат бахъинабизе, ункъабго росдал магIишат цIигьабизе букIана 370 миллион гъурущ, 44 миллион лъел мухъалъе. Гьеб гIарцуда гьоркьосан щибниги хIалтIи гьабичIо гьез, 20 процентцин гьечIо гьабун».

Лъеда гъоркье ккарал ракьал
Лъеда гъоркье ккарал ракьал
Рихьундерил аслияб дагIба буго 36 соналъ халат бахъунеб бугеб рецIалил гIарац кьолеб гьечIолъиги, ункъо соналда жаниб бан бахъинабизе кIолеб ГЕСги гьанжелъизегIанги халат бахъинабураблъи. Гьел соназда жаниб росуги кIодолъулеб букIин, цIиял хъизанал гIейги цогидабги. Конституциялда хъван ругел жидерго ихтиярал цIуни тIалаб гьабулеб бугин жидеца токIаб батIияб мурад гьечIилан абуна гьез.

Нижер чIахIиял къасдалги риххизарун гьаз нижее нух къанин жакъа, амма ракIалда бугеб жо абичIого гьаз чIван хъун дун гьавуниги чIезе гьечIевхайила гьа балев чияс гIадин абуна Майданское росулъа жамагIатчи ХIамзатов АхIмадицаги. Гьебго пикруялда вугоан тIадехун бицен гьабурав ХIамзат ХIамзатовги.

Кин бугониги гьез росдал жамагIаталъул данделъи тIобитIана Рихьуни росдал спорткомплексалъул минаялда цере. ГIага-шагарго 300 гIан чи вакIарана гьениве. Лъеда гъоркье арал ракьазухъ рецIалил гIарац щвечIел гIадамазул бищун гIемераб халкъ буго гьабсагIат Рихьуниб. Гьезул цо-цоязе щун буго рецIалил гIарац. ТIириниги гIарац щвечIел гIадамазул 300 чи рагIула гьабсагIат росулъ. Гьез кьолеб буго цо суал, кибе нижер гIарац арабилан. Гьеб суал халат бахъунеб бугелдаса 20 саги цIикIкIун сон буго исана.

ТIадчагIаз гьезда лъазабун буго цохIо Рихьундерил жамагIаталъул данделъи гурони митинг тIобитIизе изну гьечIин нужерилан. Амма гьелъухъ балагьичIого лъеда гъоркье арал цогидал росдал вакилзабиги рачIунел рукIана гьенире.
Данделъиялда лъикIаб кIалъай гьабуна Рихьуни росдал советасул заместитель ГIалихIажиев МухIамадица. Гьесул кIалъай бищунго ракIалда чIараб букIана цогидазулалдаса. Гьес ракIалдае щвезабуна гьанжеялдаса 30 соналъ цебе Рихьуниб ГЭС базе хIукуматалъул вакилзаби рачIараб мехалъ гьезда цебе шартI лъун букIанин лъеда гъоркье арал ракьазухъ гIарац кьезе кколеблъи, гьез гьелъие рагIиги кьун букIанин, амма цо гьеб гIарац жидее жакъаги щолеб гьечIин.

Рихьуниб росу
Рихьуниб росу
Гьеб ракIа-рахиялде вачIана мугIрузул мухъазда вугев президентасул вакил Ибрагьимов Ибрагьимги. Цин ХIамзатица бицунелъухъги гIенеккун гьенир ракIарарал гIажаиблъизе гьарураб суал кьуна гьес. Жинда бичIчIулеб гьечIин нужее гьаб данделъи тIобитIиялъул мурад щибилан. Живгоги гIажаиблъун вукIин бахчизе лъугьинчIого, щибинха нижее къваригIинеб умумуздаса байбихьун нижеца пайда босулел рукIарал, ниж хьихьараб, лъеда гъоркье араб ракьухъ гIарац тIалаб гьабулеб бугилан абуна гьесда бадивеги вуссун жамагIатчияс. ГIарац хIажат гьабун буго, гIарацилан хъуй бахъана жамагIаталъулги.

Амма жинда лъалеб хIакъикъат батIияб бугилан Ибаргьимовас цадахъ босун бачIараб даптаралъусан рехсезе байбихьана хIужаби. Гьел «хIужаби» рукIана лъеда гъоркье арал ракьазухъ гIарац кьун букIин гуребги цогидалги магIишаталъул бутIаби ран ругин хIукуматалъ гьезие биччараб гIарцухъилан. ГIабдулатIиповасул «божарас» цересан рехсолел рукIана рихьундерие хIукуматалъ гьарурал квегIенлъаби, кIиго школа, азархана, мажгит, хIухьабхъиялъул зонаби ва гь.ц.

Гьеб халатаб сияхIалда гьоркьоб рихьунисез ритIухъ гьабуна цохIо спортивияб кIалгIа банилан абураб баян, хутIаралде лахIгIан чIегIераб гьереси бугилан хъудана жамагIат. Гьедин батани щайинха нужеца гьеб гIарац бикъизе тараб, нужеца гъоркь гъулбасги гьабун гурищ ГЭСалъул нухмалъиялъ гIарац араб хIукуматалъул чвантинисаян Ибрагьимовасул бадибчIваялъе гъоркь кIочон тараб хъуй бахъана халкъалъул. Нижеда гьикъунищ гьез гIарац босараб ва нижеда гьикъунищин гьеб бикъарабилан ахIдезе лъугьана гъоркьгоги ццидахун ругел рихьунисел.
«Чиркей Гесстроялъул» нухмалъиялъ букIанин ГЭС балеб, гьез букIанин кинабго гIарацги босулебилан абуна ГIалихIажиев МухIамадица.

ГIалихIажиев МухIамад «Гьеб гIарац бикъарал чагIи президентасул хьолбохъ руго гIодорчIун ва ГIабдулатIиповасул ботIронибе гьез бугIулеб бугеб пикру буго рецIалил гIарац рихьундерие цебего щванилан».

АнцI-анцI сонаца хадур чIаниги жидее щолеб гьечIеб гIарцул суал каранда къараб ансадерил жамагIат гьениб бергьанин абизе бегьула, жидехъго ракIбатун гIенеккизавизе кIвана гьезда Ибрагьимов.

Нужеца бицунеб кинабго битIараб бугин, рецIалил гIарацги щвезе мустIахIикъал нуж ругилан абуна ахиралда Ибрагьимовас. Амма гьеб гIарац нужее цIанбахъун кьезе жинда кIоларилан мукIураб жавабги кьуна гьес, жинда кIолин нужеца гьанир рехсарал гIузрабазул, хIакъалъулъ камилаб баян рагIи рагIиккун республикаялъул бетIерасухъе щвезабизе.

Гьелъухъги дуе азарабго баркала бугилан разияб жаваб гьабуна гьесие жамагIаталъул рахъалдаса ХIамзат ХIамзатовас. Амма цохIо гьелда божун чIезе ракIалда гьечIилан тIадеги жубана. ГIабдулатIиповасухъе хъвараб рагьараб кагъатги босун тахшагьаралде ине ракIалда буго гьесда. АнцIила щуго къоялда жаниб жидер мурад гьес тIубазе гьабичIони гьаб кIочон тараб митинг тIобитIизе бугилан абуна. Рази ругищ нуж гьелда жамагIатилан росуцояздехун вуссарав гьесие киназго хъатил гъугъаялдалъун жаваб гьабуна жал рази рукIин.
XS
SM
MD
LG