МагъчIваялъе рес

Исана ГIиракъалда гьарурал кьвагьиязда хун вуго 1800 чи


Багъдадалъул шигIитаз гIумру гьабулел мухъазда арбагI къоялъ гьарурал терактазул къурбаналлъун рахъун руго 14 чи, лъукъун вуго анцI-анцI чи. Бомбаби кьвагьун руго шималияб рахъалда бугеб Шааб абулеб авалалъул базаралдаги, Зафаранийя абулеб жанубияб авалалдаги, Багъдадалъул машрикъалдехун кколеб Садр-ситиялдаги, Каррада абулеб гIадамал гIемераб дармиял аваладаги.
Франциялъул AFP агентлъиялъул баяназда рекъон, исана тIоцебесеб январалдаса нахъе ГIиракъалда гьарурал кьвагьиязул къурбаналлъун вахъун вуго 1800 чи.
XS
SM
MD
LG