МагъчIваялъе рес

Мекълъабаздалъун балагьулеб ритlухълъи


КватIичIого лъагIел тIубала Жамалудинов Гъазияв абулев чи туснахъ гьавуралдаса. Абулеб буго гIакъубаги кьун тIамулев вугин гьев Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулевлъун вукIарав Заирбеговасда данде баянал кьезейин. 5 марталда Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналда букIана Жамалудиновасул адвокатазул гIарзаялъул халгьаби.

5 марталда Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналда хал гьабуна Жамалудинов Гъазиясул адвокатазул гIарзаялъул. Гьениб нахъчIвана цебеккун МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ гьабураб хIукму. Гьеб букIана Жамалудинов Гъазиясе медицинаялъул экспертиза гьабизе кколарин абураб хIукму.
Жамалудинов Гъазияв туснахъ гьавуралдаса лъагIел тIубала чанго къоялдасан. Цеве гьев хIалтIулев вукIана кумурукханаялъул (таможняялъул) хъулухъалда. Туснахъалде ккун вуго цо бакIалед тIадекIанцIи гьабиялда ва гIадамазухъа гIарац бахъиялда щаклъи ккун.
5 марталда ТIадегIанаб Диваналда тIобитIараб данделъиялда адвокатаз тIадчIей гьабулеб букIана исана январалъул ахиралда вачун Гъарабудагъкенталъул рохьовегун Жамалудиновасе гIакъуба кьеялъул хIужаялда.
Гьелъул хIакъалъулъ видео-конференциялдасан бицана живго Жамулудинов Гъазиясги.

Жамалудинов Гъазияв: «БотIрода тIад целофаналъул пакетги ххун, гъанкъизе вахъуна дун. Гьеб жо гьабулеб буго тIубараб лъагIалица. Дида лъаларо дие гIакъуба кьолел гьел чагIи щалали, гьезул гьурмал рахчун рукIуна. Жидеего къваригIарал баянал кьезе тIамулев вуго дун. 23 январалда МахIачхъалаялъул изоляторалдаса къватIивеги вачун чанго сагIаталъ гIакъуба кьуна дие. Киве вачаравали дида лъаларо. Къанун цIунулезе хIажатал баянал кьезе тIамулев вукIана дун. Амма дица инкар гьабуна. Гьеб мехалда гьоркьоб заман бахъидал цIидасан рачIана дида хадур. Черхалде токги биччан гIакъуба кьезе лъугьиндал, гьезие къваригIарал документазда гъоркь гъулбас гьабичIого рес букIинчIо дир».

Гьелдаги нуж божулел ратичIони, туснахъалда бугеб жиндир ратIлихъ балагьизе бегьулинги тIаде жубана Жамалудиновас. Цониги ретIел гьечIила скотч тIад гьечIеб. Нужеда лъалила кигIан чураниги гьеб ратIлидаса батIа гьабизе кIунгутIиги.

Цебеккун МахIадаев ХIасан абулев цIех-рехчияс инкар гьабун буго Жамалудиновасе медицинаялъул экспертиза гьабизе. Гьелда бан республикаялъул прокурорасухъе гIарза хъван букIана адвокат Калаев Султаница. Прокуратураялъ гьелъие жаваб бачIун буго Гъарабудагъкент мухъалъул цIех-рехалъул изоляторалъул нухмалъулесда цебе Жамалудиновас бицанин жинде ток биччаялъулги, вуха-кьабиялъулги, амма абунин жиндие экспертиза къваригIун гьечIилан.

Гьелдаса хадув МахIачхъалаялъул изоляторалде вачун вачIиндал, Жамалудиновасе цIидасан кьун буго добго гIакъуба. Гъарабудагъкенталдеги вачун вухун, черхалда гIужал лъураб мехалда кигIан гьараниги гьабулареб экспертиза лъицаниги тIалаб гьабичIониги гьабунин низам цIунулез цойги нухалда - Черкескалде вачараб мехалдайин бицана диваналда адвокат Заира Шариповалъ. Щайин абуни гьеб мехалда Жамалудиновасда киналгIаги гIужал рукIинчIогойила.

Экспертиза гьабунгутIиялда цадахъго, Жамалудинов Гъазиясул адвокатазул рахIатхвезабун буго жинца адвокатал Калаевасдасагун Шариповалдаса инкар гьабулеб бугилан Жамалудиновасул цIаралдаса цIех-рехчияс диваналде босун бачIараб, кинабгIаги мугьруги гъулбасги гъоркь гьечIеб гIарзаялъ. Гьединго буго цойги кагъат жинца диваналда гIахьаллъи гьабизе гьечIин хъварабги.

Заира Шарипова: «Дир цIаралдасан хъвараб гIарза диваналде босун бачIана Жамалудинов цIунизе тIаде босулеб бугилан дица цIех-рехчиясухъе ордер кьелалдего. Гьелъул магIна щиб?! Дида гьев чи жеги вихьилалдего, гьес дидаса инкар кин гьабулеб?»

Живго лъикIав лъугьун, жинца киданиги инкар гьабичIин жиндир адвокатаздаса, гIакъубаги кьун гьедин гьабизе тIамунин живилан абуна Жамалудиновасги. Хадуб адвокат Шариповалъ суал лъуна цониги адвокатги цадахъ гьечIого I4 январалда Жамалудиновасухъе ине хъулухъ щибин букIараб цIех-рехчиясул. ТIадежоялъе лъиданиги ракIалде ккун гьечIо Жамалудиновас адвокатаздаса инкар гьабун букIин бихьизабураб кагъат жалго адвокатазухъе битIизеги.

Жидедаса гIемер цIех-рехчи щун ватулин Жамалудиновасухъейин абуна адвокат Шарипова Заираца. Масала, гъоркьисала маялда тIаде босун буго гьелъ гьев цIунизе, амма гьелдаса нахъе цониги нухалда йиччан гьечIо Жамалудиновасухъе. Гьеб мехалда адвокатазги гIагарлъиялъги хIукму гьабун буго ХIасан Айгумовасухъе хитIаб гьабизе. Гьев ккола туснахъазда тIамурал гIадамазул ихтияразда хадуб халкквезелъун Россиялъул жамгIияб палатаялъ гIуцIараб комиссиялъул вакил. Гьедин январалъул ахиралда Жамалудиновасухъе щварав Айгумовасги тасдикъ гьабулеб буго гьесул черхалда гIакъуба кьун лъугьарал гIужал хутIун рукIин.

ПалхIасил, абулеб буго гIакъубаги кьун Жамалудинов Гъазиясдасан тIалаб гьарулел ругин дагьалъ туснахъ гьавурав Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулевлъун вукIарав Заирбегов АсхIабгIалида данде баянал.
XS
SM
MD
LG