МагъчIваялъе рес

Чехиялда кIодо гьаюна дагъистанияй


Чехиялда кIодо гьаюна дагъистанияй
please wait

No media source currently available

0:00 0:06:17 0:00

3 марталда Прагаялда Чехиялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб "Къварилъиялде ккарав инсан" абураб гIуцIиялъул "Homo Homini" абураб санайилаб премиялъул лауреатлъун яхъана машгьурай адвокат МухIамадова Сапият. Премия кьеялъул церемония тIобитIана "Цогояб дунял - 2014" абураб инсанасул ихтиярал цIуниялъул темаялъул документалиял фильмазул халкъазда гьоркьосеб фестивалалъул гIорхъабалъа. Итни къоялда некIсияб кIалгIаялда жаниб бихьизабуна Дагъистаналъул ва Гъалгъазул республикаялда балагьалде ккарал гIадамазул унтиялъул бицунеб тIоцебесеб фильм. Гьелда хадуб тIобитIана шапакъат кьеялъул церемония.

XS
SM
MD
LG