МагъчIваялъе рес

Путин: Россия Украиналъул халкъгун багъизе гьечlо


Россиялъул президент Владимир Путин Ново-Огаревоялда бугеб жиндирго резиденциялда пресс-конференциялда, 4Мар2014
Россиялъул президент Владимир Путин Ново-Огаревоялда бугеб жиндирго резиденциялда пресс-конференциялда, 4Мар2014
Россиялъ Украиналда аскарал рачаниги гьел рукIине руго лигитимияб куцалда гьенире лъугьарал аскарал, щайгурелъул Москваялде гьединаб гьари гьабун букIун Украиналъул къанунияб нухмалъиялъ. Гьедин абуна Россиялъул президент Владимир Путиница Ново-Огаревоялда бугеб жиндирго резиденциялда талат къоялда кьураб пресс-конференциялда. Путиница гьенибго абуна Россиялъ украиналъул халкъалде данде киданиги рагъ гьабизе гьечIинги.

Путиница лъазабуна Киевалда конституциялде данде кколареб куцалда нухмалъи хисун бугин. Гьес гьединго абуна Киевалда букIараб кверщелалъ гIадамазде кьвагьизе буюри кьун букIинчIин ва манифестантазде кьвагьи-гьеб бугин оппозициониял партиязул цоялъ гьабураб провокацияйин.

Магърибалъ Россиялде данде гьаризе рес бугел санкциязда хурхун суалалъе жаваб кьолаго Путиница абуна гьезул пайда букIине гьечIин ва гьес магърибалъул киналго партнёралгун рекъон хIалтIизе бугеб жиндирго хIадурлъи загьирги гьабуна, гьез Украиналда хучдузул кумекалда кверщел хисиялъул рахъ кколеб букIаниги.
Россиялъул президентас лъазабуна Крымалда ругел киналго рагъулал объектал бащдабчIинкIиллъиялъул халкъалдасан цIуна-къай гьабизе гIуцIарал къукъабазул кверщаликь ругин.

Крымалъе гуманитарияб кумек гьабизе бугин, амма гьенире аскарал лъугьиналъул хIажалъи гьечIин абуна гьес. Путинил рагIабазда рекъон, гьенир ахирал къоязда рукIарал рагъулазул рагъа-рашари хурхараб буго гьенир рагъулал ругьунлъиял унел рукIиналда ва Крымалда кколеб бугелъулгун гьелъул гьоркьоблъи гьечIо.
Гьелдаго цадахъ Путиница абуна жинда ричIчIулел ругин коррупциялъулъ кьан ругел батIи-батIияб даражаялъул хъулухъчагIаз гьабулеб тIадецуялдаса ва экономикиял проблемаздаса борчIизелъун Украиналъул халкъалъ гьарулел ругел тIалабалин.
XS
SM
MD
LG