МагъчIваялъе рес

Украиналъе кумек гьабизе хIадур буго Дагъистан


Ахираб заманалда Украинаялда бугеб захIматаб хIалги хIисабалде босун, Крымалда гIумру гьабун ругел гIадамазе гуманитарияб къайия битIизе бугин Дагъистаналдасайилан лъазабулеб республикаялъул тIалъиялъ. Гьебго лъазабиялда рекъон Крымалдаса тIурун рачIарал къабул гьаризеги хIадур руго республикаялда.

Украинаялда гIумру гьабун ругел 30 азаргогIан дагъистаниясе бокьараб мехалда кумек гьабизе хIадур ругин Дагъистаналдайилан лъазабуна гьал къояз республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница.

«ЦIакъ захIматаб хIал буго жакъа Украинаялда: гIодобе тIолеб буго би, чIвалел руго гIадамал, киса-кибего буго гъалмагъир. Ахирал моцIазда жаниб Украинаялде экстремистиял ва миллатчилъиялъулал гьужумал гьаруна, батIиял пачалихъаз гьениб жидерго сиясат билълъинабизе, халкъалда гьоркьоб рикьи ккезабизе, Украина биххизабизе хIалал рихьана. Нижеда кIочон тун гьечIо Украинаялда 30 гIан дагъистанияс гIумру гьабун букIин, гьезие кIвараб кумеки гьабизе буго республикаялъ», - ян абун хъвалеб буго Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница жиндирго лъазабиялда.

Гьебго лъазабиялда хъвалеб буго бокьараб мехалда Украинаялдаса тIурун рачIарал къабул гьаризе ругин Дагъистаналдайилан. Гьениса рачIарал лъималазул цIали хвечIого букIине, республикаялъул школазда гьезие бакIал ва шартIал чIезаризе ругилан.

Украинаялъул халкъалъе кумек гьабизе ккеялъул суал борхана итни къоялъ Дагъистаналъул хIукуматалда букIараб данделъиялдаги. Дагъистаналъул вице-премьер Абусупьян Хархаровас гьеб данделъиялда лъазабуна тIолабго республикаялдаго украинаялъулазе кумекалъе хIажатаб къайи-цIа ва гIарац бакIарулел бакIал рагьизе ругилан.

Абусупьян Хархаров: «Жакъа ургъел гьабичIого нахъе къан чIезе бегьуларо Дагъистаниял. Нилъеда тIадаб буго гьаб сагIат блокадаялда бугин абизе бегьулеб Крымалъе кумек гьабизе. Хасго гьенир гIумру гьабун ругел нилъер ракьцоял рехун тезе бегьуларо. Гьединлъидал кидаго гIадин къварилъи ккарасе кумек гьабулеб гIадатги цIунун Крымалда гIумру гьабун ругел гIадамазе хIажатаб гуманитарияб къайи-цIаялъул цIураб I5 гIан Камаз автомобиль ине буго гьал къояз гьенибехун. Гьединго украинаялда захIматаб хIалалде ккарал гIадамазе кумекалъе гIарац бакIаризе банкалда хасаб счетги рагьизе буго, Дагъистаналъул батIи-батIиял шагьаразда ва росабалъ гьенибе битIизе къайи бакIарулел хасал бакIалги рагьизе руго. ХIукуматалъги кIвараб кумек гьабизе буго, гьединго бажарараб кумек гьабейин гьел гIадамазейилан, гьаризе бокьун буго дие дагъистанияздаги».

Социалиял сайтазда ругел хъвай-хъвагIаязда рекъон Украинаялъул халкъалъе кумекалъе ине хIадурал дагъистаниялги камулел гьечIо. Цо-цояз майданчагIазул рахъ кколеб буго цойгидал гьеб майданалде дандечIун руго. «Лезгинал ва майдан», «Украина, дагъистаниял мунгун руго», «Эркенаб украинаялъе гIоло къеркьела дагъистаниял» абурал хъвай-хъвагIаял ругел игIланал кодор ккурал гIолилазул гIезегIан суратал руго интернеталда. Дагъистаналъул «Горец» абураб спортивияб клубалъул вакилзабазги лъазабун буго жал Харьковалъул «Оплот» абулеб клубалъул спортсменазда цадахъ Украинаялъул цолъи цIуниялъе гIоло къеркьезе ругилан.

«Горец» ва «Оплот» клубазул некIогоялдаса нахъе гьудуллъиялъулаб гьоркьоблъи бугила, гьединлъидал къо ккедал гьезие хIалае рахъине хIадур ругин жал кидагойилан лъазабулеб буго дагъистанадаса спортсменаз. Гьеб «Оплоталъул» бажариялдалъул Харьковалда гIуцIун руго майданчагIаздаса шагьар цIуниялъе хасал къокъабиги.
XS
SM
MD
LG