МагъчIваялъе рес

Дагъистан махIрум гьабуна хасаб кумекалдаса


Sertificate, Mothers benefit
Sertificate, Mothers benefit

Россиялда бугеб 89 регионалда гьоркьоб 53 гурони регион гьечIо хъизаналда гьабураб лъабабилеб лъимералъе пачалихъалъ хасаб кумек (пособие) чIезабураб. Гьезда гьоркьобе унеб гьечIо Дагъистан.

Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул хIалтIухъабаз бицухъе, гьеб пособие кьоле буго демография квешго нахъе ккарал регионазда, Дагъистаналдайин абуни гьелъул къварилъи гьечIо.
МахIачхъалаялда соцсетаздасанги телефоназдасанги тIиритIизарулел руго анлъабилеб марталда аслияб майданалде митингалде рахъаян абурал лъазабиял.

Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абун бугила Россиялуъл хIукуматалад лъабабилеб лъимер гьабурал хъазаназе хасаб пособие Дагъистаналда кьечIониги разиял ругин жал, гьединлъидал гьеб хIукмуялда дандечIей бихьизабизе кколин гьеб митингалда.

Гьелда ЭР-ялъел жиндирго пикру загьир гьабулеб буго Хунзахъ мухъалда ясли-ахалда хIалтIулей ГIайшат МухIамадовалъ.

ГIайшат МухIамадова: «Россиялда гъорлъ бугеб Дагъистан щай батIа гьабизе кколеб къануналъ. Добаса гIебеде лъимералъе моцIие бихьизабураб жо азарго гъурущ рагIула, гьанибин абуни гIицIго нусиялда анлъго гъурущ буго. Гьеб гIарцуда щиб малъулеб?

Росабалъ кIудияб хъулухъ-ишги букIунаро гIадамазул. Гьеб нусиялда анлъго гъурщица лъимер кин хьихьизе бугеб? Гьединал жалазе, капиталалъе гIолонги гьарулел ругоха гIадамаз лъимал.

Регионалъ кьезейин, регионалда бан тезабун батани, гьеб щоларо аниб. ГIабдулатIиповас дотациялъе бачIунеб чамалиго миллион тIадбуссинабун гьечIищ, гьеб къваригIунарин абун».

Гьебго мухъалдаса Зарема ГIалиевалъ гьабуна дагьалъ цебе лъабабилеб лъимер. КIиго моцIалъ цебе гьелъ банкалдаса бахъун буго лъабабилеб лъимадухъ пачалихъалъ кьолеб гIарцул 409 азарго гъурущ. Амма тIаде-тIаде процентал рачIине бегьулинги абун, цогидал хъизаназ гьеб жеги бугелъубго тун бугин бицана гьелъ ЭР-ялъе.

Зарема ГIалиева: «ГIемерлъизегIанин, гIемерлъизегIанин тун буго гIадамаз гьенибго гьеб гIарац. Олимпиадаялдаса хадуб щиб ккелебали лъаларинги абун, нижецани бахъана гьеб.

Исана гьарурал лъималазе кьолеб батилароха гьеб, амма церехун гьаруразе щолеб батула. Эбелалъул капитал тIоцебесеб лъимералъе щолароха, щола кIиабилелъе, лъабабилелъе, ва хадусезе.

Лъаларо, лъимал гьари цIикIкIанин Дагъистаналда капитал кьезе лъугьаралдасаян бугоха хабар. Гьелъие гIоло гьарунин абулебги рагIана дида. Мина базе кканиги, гьениб ремонт гьбаизе кканиги кIудияб кумек гьечIищха гьелъул».

Бицен гьабулеб суалалда бан гьанже гIемер ракIалде щвезабула республикаялда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Владимир Жириновскияс телевидениялдасан кавказиязул хIакъалъулъ абурал рагIаби.

Владимир Жириновский: «Амма гъозул хъизаназда цIидасан раккулел руго щуго-анцIго-анцIила щуго лъимер! Гьеб мехалда тIолабго Россия гIицIго Кавказалъе гIоло хIалтIулеб букIинехъин буго – заводалги рай гьелъ гьезие гIоло, азарханабиги, школалги, предприятиялги рагье! Кинабго гьезие! ГIурусазе щиб хутIулеб бугеб?!

Ракъунги, тIад партал-хьит гьечIого гIицIгоги хутIулел руго. Гьединлъидал кавказияз гьабизе ккола гьоркьохъеб куцалда инсанияталъ гьабулеб гIанасеб къадар лъималазул – цо яги кIиго!

Лъабабилеб лъимер гьабуни, тIад гIакIа къотIизе буго. Бокьун батичIони, сверун махьул хьуриялъги къан чIезаризе руго! Цинги рукIаян абе гьенир жанир, жидецаго 10-15 лъимерги кваназабун!»

Гьаниб байбихьуда анлъабилеб марталда МахIачхъалаялда митинг гьабизе бугилан соцсетаздасанги телефоназдасанги тIиритIизарулел лъазабиял ургъунго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов квеш вихьизавизелъун тIиритIизарулел ругилан абуна ЭР-ялъе Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Гьей ккола МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъан.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Дагъистаналда, битIараб бицани, лъимал гьариялъул иш квеш гьечIо, цогидал регионазда дандеккун. Дагьалъ цее Екатеринбургалда йикIана дун. Лъимал гьарулеб ригьалда ругел руччаби, нагагь гьезие лъимер гьабизе къваригIун бугони, харжида тIадегицин гIарацги кьун рокъор толеб программа буго гьезул.

Гьедин демография лъикIлъизабизе къваригIун буго гьезие. Нилъер гьаниб гьелъулъ хIажалъи гьечIо. Гьанже гьеб митингалъул хабарги буго кинисан Рамазан ГIабдулатIипов квеш вихьизавилевали лъаларогоги, ахIвал-хIал хIалуцинабизе къваригIунги гьарулел жал ругоха, дир хIисабалда.

Чанго бакIалда хъванги букIана нуж божугейин гьелда, гьедин бугеб жо гурин гьебилан. Амма гIемерисел гIадамазе къваригIун букIунароха кинан гьеб бугебали лъазе. Цо гьабулеб жоялда гьоркьор ахIи-хIуралда рукIун гурони, пикру гьабулел чагIи дагьулън урго.

Унголъунги доба ахIвал-хIал кин бугебали лъалеб гьечIелъул нилъеда. ЧIахIи-чIахIиял шагьаразда, губерниязда абулеб буго щибай щуабилей чIужугIадан йигила лъимер гьабуларей. Цинги херал чагIи хьихьизе гIолилал гIолареб бакIалде ккезехъин руго гьел. Гьединлъидал бицине бигьа буго нилъее, гьаниб гьединан гьечIеб мехалда».

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG