МагъчIваялъе рес

Пасат гьабун буго цо млрд-гун 209 млн гъурущ


27 февралалда тIобитIараб Халкъияб мажлисалъул сессиялда инсанасул ихтиярал цIунулей вакиллъун цIидасанги Умупазиль ГIумарова тасдикъ гьаюна.

Щибго дандечIей гьечIого разилъи кьуна депутатазги данде лъилниги кандидатураги лъечIого йищулей ГIумаровалъе. Гьелъ бицухъе, цIикIкIун руго гIадамаз прокуратураялде хъвалел кагътал, дагьлъун руго гIадамал рикъиялда бан рахъулел гIарзал.

Сессиялъул байбихьуда политикиял фракциязул вакилзабаз гьарурал баянал гьадинал руго. Коммунистаз президентасда гьарулеб буго МугIрузул мухъал церетIезариялъе хасаб программа къабул гьабеян.

Справедливороссазе къваригIун бугоан дагъистаниял армиялде росунгутIиялъул суал тIубазе. Патриотаз тIалаб гьабулеб буго 1999 соналда рагъарал ополченцал рагъул гIахьалчагIазда ращад гьаризе.

«Гьале гьанир гIодор чIунги руго гIезегIан ополченцал, гьез гьелъул бицинчIониги», - ян абуна патриотазул вакил Мадер Канберовас депутатазухъги валагьун.

Гьединго гIадамаздаса бакIарулеб буголъиялъул налог дагьлъизабизе кколинги абуна гьес. Республикаялда буголъиялъул иш роцIцIинабизе жинца Москваялдаса Юзбеков ахIун вугин абуна президент Рамазан ГIабдулатIиповас.

«ГьанжелъагIан нилъеца щибгIаги хIалтIи гьабулеб букIун гьечIо нилъер мал-мулк цIуна-къаялъе, гьелъул гIаксалда, бикьулеб, тIагIинабулеб букIун буго гьеб… Гьебго жо гьабулеб батана Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъеги.

МахIачхъалаялдаса Москваялде щвезегIан ратана гьелъие «крыша» гьабулел чагIиги. Гьединлъидалха гьабщинаб ахIи-хIурги бугеб гьелда сверухъ. Цин акциязул гIуцIиялде сверизабила гьеб, хадуб балагьила нухмалъиялъул кинаб къагIида гьелъие данде кколебали», - ян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Пачалихъияб буголъиги бюджеталъул гIарацги пасат гьабиялъул бицана ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулев Билал ЖахIбаровасги.

12 министерлъиялъги, 53 идараялъги, гIаммаб куцалда пасат гьабун батана бюджеталъул гIарцул цо млрд-гун 209 млн гъурущ.

Масала, щвалде щун лъималазе лъай щвезе шартIалги гIуцIичIого гIадада харж гьабун буго пачалихъалъул 498 млн гъурущ (Хьаргаби мухъалъул Курми, Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское, Хасавюрт мухъалъул Шава-ТIинди ва цогидал росабалъ).

ТIадеги хъулухъчагIиги транспортги босун, 75, 6 млн гъурущ пасат гьабун буго ГIахьвахъ, Хунзахъ, Хайдакъ, Дахадаев, МухIарамкент ва цогидал мухъазул администрацияз.
XS
SM
MD
LG