МагъчIваялъе рес

ДиванчагIазда гIурус мацI лъалеб гьечIо


Daghestan -- Supreme Court of Daghestan, undated
Daghestan -- Supreme Court of Daghestan, undated

25 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул диванчагIазул данделъи. Гьениве вачIун вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги, инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Умупазил ГIумароваги. Щаялиго прокуратураялъул хIалтIухъаби рачIун гьечIоан.

Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул нухмалъулев Руслан Мирзаевас бадибчIвай гьабуна диванчагIазе гьез къокъаб заманалда гьабун лъугIулеб хIалтIи нахъ-нахътIамун, цIа-цIазабулеб бугилан.

Гьелда бан гъоркьисала тамихIалде цIан вуго 14 диванчи, кьерциса – 11.

ЦIакъго квеш букIунареб куцалда инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Умупазил ГIумаровалъ диванчагIаздаса разилъи гьечIолъи загьир гьабуна гьез жидецаго къотIарал хIукмаби бичIчIулареб къагIидаялда хъван рукIунилан.

Гьелдаса хадуб цогидазги тIаде жубана гIурус мацIалда диванчагIаз хъвалеб-толеб жо цIакъ нахъе ккун бугила, гьелдасан бихьулеб бугила гьезул даража гIодобегIанаб букIин.

Гьединго диванчагIаз гьерсал рицунел ругин хIукмаби къотIулеб мехалдаянги тIаде жубана гьелъ.

Гьединго ахираб заманалда 26 проценталъ цIикIкIун буго Дагъистаналда диванчагIазда тIадаб хIалтIи.

Гьелъие гIилла кколин абулеб букIана гьениб дагъистаниял диванчагIаз битIун хIукму къотIизе букIиналда божулел рукIин. Гьединлъидал цебеялда дандеккун, гIадамаз жидерго дагIба-къец диваналде гIарзалги хъван лъугIизабулеб бугила.

Амма цогидаб пикруялда рекъон, диванчагIазул хIалтIи цIикIкIиналъе гIиллалъун букIине бегьула газалъул, электроэнергиялъул компанияз жидеда цере налъукь ккарал чагIазда тIасан диваналде гIарза хъвалел рукIин.

Гьелда дандеккун дагьлъун руго ирс бикьиялда тIасан диваназде гIарзаби хъвай.

Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул нухмалъулес гIайиб чIвана цIех-рехалъул идарабазда. Гьелъие гьадинаб баян кьолеб буго ЭР-ялъе гьеб данделъиялда гIахьаллъарав Гъизилюрталъул мировой диваналъул диванчи Шагьрудинил МухIамадица.

Шагьрудинил МухIамад: «Жалго рихьизаризе, жидеего даража щвезе, хIукуматалда цере лъикIаллъун рихьизаризе цIех-рехчагIаз рицунел ругила гьерсал, хъвалел ругила батIи-батIиял макъалаби, ахIулел ругила пресс-конференциял.

ЧIорал речIчIулел ругила диванчагIазда, жидеца гьабураб хIалтIи гьез хIурудахъ биччалеб бугилан. Гьез гьединго абулеб бугила жидеца чамалиго чи ккунин ришват босарал, амма диванчагIаз гьел жанир тIамулел гьечIин.

Гьелъие мисалги бачана тIадегIанаб диваналъул нухмалъулес. Цо мухъалда 10 млн гъурущ ришваталъе босунилан ккун вугила цо хIакимчи.

Гьелъул хIакъалъулъ киса-кибего рагIизабун бугила. Амма анкьго моцIалдасан жалго цIех-рехчагIаз, рачIун, гьарун бугила дагьабги мехалъ гьев чи жанив кквеян».

Гьеб данделъиялда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас диванчагIазде гьадинаб кIалъайги гьабун буго.

Шагьрудинил МухIамад: «ГIадамазда рекъараб хIукму къотIани, жинда кколин халкъалда гьоркьоб нужер адабги хIурматги цIикIкIинилан абуна ГIабдулатIиповас. Цо мисалги бачана гьес.

Гьарун хIалицаго щванила добаса (Москваялдаса) «Кавказ» абураб федералияб нух къачIазе чамалиго млрд гъурущ.

Гьеб нух ккун гIебеде рарал тукабазе ва цогидазе хъата-масан ихтияр кьураб кагъат тIалаб гьабун батанила гIадамаз, жидерго лъай-хъваяздаса пайдаги босун.

Гьединаб кагъат щвезелъун диванчиясухъе рекерулел ругила, гьесин абуни гьезухъа бахъулеб бугила 22 млн гъурущ.

Амма республикаялда бугеб ахIвал-хIалалда ракIунтарав чияс гьединал жал гьариларин абуна республикаялуъл нухмалъулес».

Гьеб данделъиялда борхана диванчагIазе хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул суалги. Гъоркьисала республикаялда чIван вуго ункъо диванчи. Гьелдаса хадув тIадеги нусго хъаравул чIезавун вуго гьезие.
XS
SM
MD
LG