МагъчIваялъе рес

Амировасе диван Ростовалда гьабизе буго


Саид Амировасда ва Юсуп Джапаровасда тIад диван гьабизе буго Ростов-на-Донуялда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диваналъ. Гьенибе такъсир гьабиялъул иш битIана Россиялъул тIадегIанаб диваналъ 24 февралалда къотIараб хIукмуялда рекъон.

Генералияб прокуратураялъ Россиялъул диванханаялда загьир гьабураб пикруялда рекъон, Дагъистаналда диван гьабунани нугIзазе хIинкъгьечIолъи чIезабизе захIмат букIина.

«Пачалихъалъ цIуниялъул программаялда гъорлъ вуго чанги нугI, цогидал нугIзазеги хIинкъи буго, мисалалъе, гьел лъицалиго чIвазе бегьула», - ян абуна диванханаялда генералияб прокуратураялъул вакилас.

Вакилас гьединго тIаде жубана Дагъистаналда Амиров ва Джапаров авторитет ва къуват бугел гIадамал гIадин лъалин. «Гьезул бухьенал ругин политикияб системаялдаги, низам цIуниялъул системаялда», - ян бицана прокурорас.

ГIайиб гIунтIизабулезул адвокатаз абуна жал рази гьечIин прокуратураялъул гьаригун. Гьез абухъе, диван гьабизе ккола Дагъистаналда.

Амма Россиялъул диванханаялъ къабул гьабуна прокуратураялъул гьари. Гьединго диваналъ хIукму къотIана Амировгун Джапаровасе цIех-рехалъул туснахъалде жаниб жеги кIиго моцI базе кколин.

Адвокатазул хьул буго инсанасул ихтияразул рахъалъан Европаялъул диваналъе кIвезе бугин Амировасе кумек гьабизе.

Адвокатаз чанги моцIалъ цебе гьеб диваналде гIарза хъван букIана, гIиллаги гьечIого сакъатав чи цIех-рехалъулаб туснахъалде тIамун вугилан.

Европаялъул диваналъ гьеб гIарза къабул гьабуна ва Россиялъул хIукуматалде битIана кагъат Амировасда хурхун бачунеб цIех-рехалъул документал рихьизареян ва 1-себ группаялъул сакъатлъи бугев чи СИЗОялде жанив щай тIамун вугевали бичIизабеян.

Адвокатазул пикруялда рекъон, Амировасда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул иш хех-гьабун лъугьизабуна ва прокуратураялде битIана Европаялъул диван сабаблъун.

РакIалде щвезабила, цIех-рехалъул материалазда рекъон, Джапаровасул кумекалдалъун Амировас къасд гьабуна Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе.

«Стрела-2» абураб зенитно-ракетнияб комплексги хIалтIизабун МуртазагIалиев жаниб вугев самолет кьвагьизабизе ракIалда букIанин Амировасда илан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз.

Гьезул рагIабазда рекъон, гьеб кинабго гьезие бицана такъсир гьабизе гIарацги кьун ккурав Хасавюрталъул прокурорасул кумекчи МухIамад ГIабдулхIалимовас.

Араб анкьалда гьединго баккана информация Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хIалтIулев вукIарав МухIамад АхIмадовасги Амировасда тIаса баянал кьунин. РакIалда щвезабила, АхIамадовги ккуна низам цIунулез Амировасда хурхун цIех-рех бачунаго.

«Росбалт» агентствоялъул лъазабиязда рекъон, АхIмадовас цIех-рех чагIазе бицун рагIула Амировасда тIад хIалтIулеб букIанин киллеразул кIиго къокъа. ТIоцебесеб къокъаялде гъорлъ живго АхIмадовги, гьесул вацалги, ГIабдулхIалимовги рукIун руго.

КIиабилелда щал рукIаралали мухIкан гьабулеб гьечIо «Росбалт» агентствоялъ, амма хъвалеб буго гъеб къокъаялъ резонансияб чанги такъсир гьабунин Дагъистаналда - мисалалъе, ГIадилгерей МухIамадтIагьиров чIванин.

Амировасул адвокат Владимир Постанюкица «Новое дело» газеталъе кьураб интервьюялда абулеб буго Амировасда гIунтIизарулел гIайибал гьадингосел ургъарал жал ругин.

Гьесул пикруялда рекъон, уголовияб иш гуро гьеб, гьеб батизе бегьула политикияб тадбирлъун.

Владимир Постанюк: «Дун чанги журналистгун дандчIвана ва гьезие дидасан рагIизе бокьун буго дица кьезе гьечIеб жаваб. Амировасул делоялда нахъе щив чIун вугев? Гьеб суалалъе жаваб Москваялда балагьизе кколаро, гьелъие жаваб Дагъистаналда батила. «Лъие гьеб къваригIун бугеб? Щал гьел чагIи ругел?» - гьал суалазе жаваб, дида кколеб буго, киназдаго лъалин».

Гьединго адвокатас тIаде жубана ФСБялъул экспертизаялда рекъон, «Стрела-2» абулеб комплекс хIалтIулеблъун кколаро.

ТIаде жоялъе ФСБялъ телефоназул биллинг гьабун буго. ЦIех-рех чагIазул материалазда хъван буго Амиров, Джапаров ва ГIабдулхIалимов цо къоялда дандчIанин гьабизесеб такъсиралъул бицине.

ФСБялъул документазда рекъон, гьеб къоялда Джапаров Каспийскалда вукIун вуго, Амиров МахIачхъалаялда вукIун вуго, ГIабдулхIалимов Ростовалда вукIун вуго.
XS
SM
MD
LG