МагъчIваялъе рес

Пакистаналда тIалибазул бетIер чIван вуго


Пакистаналда щалали лъаларез гьабураб гьужумалъул хIасилалда чIван вуго бакIалъулал тIалибазул бетIер Асматуллагь Шахин Бхиттани.

ХIужа кканин Шималияб Вазиристаналъул тахшагьар Мираншагьалда аскIоб. Гьадин лъазабулеб буго нижер радиоялъул мухбирзабаз Пакистаналъул хасал хъулухъчагIазул баяналда мугъчIвай гьабун.

ТIалибазул цевехъанасда цадахъ рукIарал гьесул шоферги кIиго нукарги чIван ругин.

Асматуллагь Шахин Бхиттанил цIар Пакистаналъул аскаразул бутIруз чIегIераб сияхIалде гъорлъе жубан бакIана. Гьев кквезе кIварав чиясе кIудияб сайгъат кьелаан тIадтараз.

France-Presse агентлъиялъул баяналда рекъон февраль моцIалда Пакистаналъул тIадтараз тIалибазулгун ракълилал кIалъа-басаял байбихьанин бидулаб халатаб дандечIеялъе ахир лъей мурадалда.

Амма араб анкьида гьел гьоркьоса къотIана тIалибаз къогогIан аскарияв чIван вукIиналъ.
XS
SM
MD
LG