МагъчIваялъе рес

Болотный майданалъул ищ рагIалде бахъинабуг буго


Москваялъул Замоскворецкий абулеб махIкамаялъ къотIи гьабун буго Болотный майданалда рукIарал демонстрациязул микьго гIахьалчиясе.

Александра Духанина гурони, гьел киналго жанире тIамизе хIукму гьабун буго диваналъ: Сергей Кривов – ункъго соналъ, Андрей Барабанов – лъабго сонгун анкьго моцIалъ, Степан Зимин, Денис Луцкевич ва Алексей Полихович – лъабго бащадгун соналъ, Артем Савёлов- кIиго сонгун анкьго моцIалъ, Ярослав Белоусов – кIиго бащадгун соналъ.

Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъул бетIер Людмила Алексеевалъ гьеб къотIи ритIухъаб гуреблъун рикIкIунеб буго, щай гурелъул Болотный майданалда низам биххиялъул хIужаби рукIинчIин. ДиванчагIаздаги, нугIзаздаги гьеб лъазеги лъалин.

РакIкIалде щвезабизин – Москваялъул Болотный майданалда оппозициялъ разилъи гьечIолъиялъул акция тIобитIун букIана 2012 соналъул 6 маялда.
XS
SM
MD
LG