МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда гьарурал террактазда хун вуго бищун дагь босун 10 чи


Шамат къоялда ГIиракъалда батIи-батIиял бакIазда гьарурал кьвагьиязул ва тIадекIанцIиязул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 10 чи. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ГIиракъалъул полициялъ ва сахлъи цIунулеб идараялъ.

КIиго чи хун вуго Тикрит шагьаралда хвалде унес живго кьвагьизавиялъул хIасилалда.

Анбар провинциялда террористас автомобиль кьвагьизабиялъул хIасилалда хун вуго щуго рагъулав. Лъазабиял руго цогидал регионаздасаги.

Экспертазул къиматалда ахирисеб заманалда гIиракъалда ахIвал-хIал хIалуцунеб буго.
XS
SM
MD
LG