МагъчIваялъе рес

Россиялъ Украиналъе кьолеб кредиталъул транш нахъе тун буго


Украиналъе кьолеб кредиталъул кIиго миллиард долларалъул кIибилеб транш битIи нахъе тун буго Россиялъ.

Финансазул министерлъиялъул бетIер Антон Силуановас лъазабун буго, гьанжеги баянаб жо гурин, кинаб къагIидаялда кредиталъул гIарац хIалтIизабизе ва нахъе буссинабизе бугебали. ЧIезе кколин Украиналда политикияб ахIвал-хIал рукIалиде буссинегIанин.

Рузман къоялдаго Сбербанкалъул бетIер Герман Грефица лъазабуна, банкалъ чIезарунин Украиналда кредитазул операцияби. Гьел операцияби гьарулел ругин жидер финансазул хIалалъ суалал раккизаруларел чIахIиял клиентазулгунин.
XS
SM
MD
LG