МагъчIваялъе рес

Украина: хутIанищ рес маслихIат гьабизе


Гьалкъоязда Украиналъул тIадтараз амнистия лъазабун букIана гьениб халат бахъунеб дандечIеялъул гIахьалчагIазе. Амма итни къоялъул сардилъ гIага-шагарго 25 чи чIвана. Демонстранталги, низам цIунулелги. Нижер радиоялъул мухбирас къасд гьабуна гьадинаб зулмуялъе ккараб гIилла батизе.

18 февралялда ахIвал-хIал нахъеги хIалуцана оппозициялъул рахъалъан Украиналъул тIадегIанаб Радаялъул депутатаз 2004 соналъул Конституциялде тIад руссине тIалаб гьабун хадусала.

Доб Конституциялда рекъон президентасул ихтиярал дагьаллъун ккола гьанже ругелде данде ккун. Амма гьеб гьезул тIалаб нахъ чIвана.

Гьадинаб хIукму лъазабун хадуб 20 азаргогIан демонстрант Украиналъул парламенталде веккерана оппозициониял депутатазе хIалае, амма низам цIунулез гъозие нух къана. Багъарана тунка-гIусси.

Жанисел ишазул министерлъиялъ демонстрантазде кьварараб къагIидаялда ахIи бана Лъидаго бачIеблъиялъул майтан теян абун. ГIадамал гьеб буюриялде мутIигIлъичIо ва кьал халат бахъана тIубараб сардилъ.

Рогьаликь 25 чи чIвана гIаммаб къадаралда. ТохалчагIазги, политиказги, дунялалъул церехъабазги цебе лъолеб буго суал – маслихIаталдехун галаби тIамулаго, щайдай зулму гьоркьоса къотIуларебилан абураб.

15 февралалда низам цIунулез эркенлъуде риччана цере ккун рукIарал ахирисел гIахьалчагIи. ГIаммаб къадаралда 234 чи хвасар гьавун вугоан.

Киевалдаса полититолог Иван Лозовоясул пикруялда гьединаб хIукму лъикIаб бугониги гьеб гIун гьечIо кризисалъе ахир лъеялъе.

Иван Лозовой: «Жанир тIамурал эркен гьарун ругониги, гьезде гIунтIизарурал гIайибал нахъ чIван гьечIо, ва такъсирчилъиялъул цIех-рехалъул ишал къан гьечIо.

Цого мехалъ цониги гьединаб иш рагьун гьечIо гIорхъолъа борчIараб хIалалда къуват хIалтIизабурал ОМОНалъул хъулухъчагIазде данде, гьез гIадамал чIван ругониги.

Гьале гьелдалъун ццим бахъулеб буго гIадатиял халкъалъул. Хасго гьеб сабаблъун парламенталъул минаялде тIаде кIанцIизе къасд гьабун букIана демонстрантаз талат къоялъ».

Лозовояс гьединго абулеб буго демонстрантазул ццим бахъун букIана итни къоялъ Москваялъ Украиналъул президент Виктор Януковичасе гIарцул кумек гьабиялъул кIиабилеб транш биччалеб буго ян лъазабун букIиналъ.

Гьеб кумек 15 миллиард долларалде бахунеб буго.

Гьеб гIарац кьезе Россиялъ рагIи кьун букIана Виктор Януковичас Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялдаса инкар гьабуралдаса нахъе.

Амма протестал рагъарараб мехалъ заманалъ гьеб иш чIезабун букIана.

Иван Лозовой: «ГIатIидго тIибитIизабун буго гьадинаб пикру: декабрь моцIалда тIоритIарал кIалъа-басаязда Януковичас Россиялъе рагIи кьун букIанин гIемермиллиардалъулаб гIарцул кумекалъул иргадулаб транш щвеялъухъ жинца Майдан бацIцIад гьабизе бугин».

ХутIанищ рес маслихIат гьабизе. Къойидаса къойиде захматаб буго гьаб суалалъе жаваб батизе. Январь моцIалда Януковичас лъазабуна, жив хIадурав вугин хIукумат хIалъьиалде битIизе.

Амма министрал жидерго хъулухъаздаза нахъе инчIо. Оппозициялъ тIалаб гьабуна живго президентас хъулухъ тей ва иргадулал гурел рищиял тIоритIи.

Варшваялдаса къватIисеб политикаялъул суалазул рахъалъан эксперт Эугениуш Смолярил хIисабалда гьанже кIиябго рахъалда бищун лъикIаб вариантлъун къуват хIалтIизаби бихьулеб бугин.

Эугениуш Смоляр: «Жакъа нилъеда бихьулеб жо – демократикияб къагIидаялъ вищарав президентас демократиялъул гурел, инсаниятлъиялде данде кколарел ишал гьари.

Гьес буюри кьолеб буго гIадамазде речIчIизе жиндирго квершел цIуни мурадалда.

Гьебго мехалъ оппозициялъ хIаракат бахъулеб буго гьев жиндирго хъулухъалдаса нахъе инаризе хIалица».

Бугищ рес къватIисел къуватазул кумекалдалъун Украиналда бугеб ахIвал-хIал рагIалде бахъинабизе?

ГIемерал экспертазул пикруялда къватIисел улкабазда гьединаб кумек гьабизе кIоларо, ва гьелдалъун кризис жегиги гъварилъулеб буго.

МоцIазда жаниб Евроцолъиялъги Цолъарал Штатазги ахIи балеб букIана Украиналъул кIиябго рахъалде ракълилал кIалъа-басаял тIоритIун къотIи гьабе ян абулаго. Амма хIасил ккечIо.

Жиндир иргаялда Януковичасе квербакъи гьабулеб Россиялъ Магърибалде гIунтIизабулеб буго Украиналъул жанисел ищазде гъорлъе жубаялъул гIайиб. Амма Москваялдаги кIоларо гьоркъанлъиялъул роль хIазе.

Смолярица гьабулеб буго баян:

Эугениуш Смоляр: «Я Евроцолъиялъул, я Цолъарал Штатазул ихтияр гьечIо жанисел ишазде гъорлъе журазе. Журани – гьелдалъун цIияб цIорораб рагъул хIинкъи швела хъващтIан».
XS
SM
MD
LG