МагъчIваялъе рес

Витишкоца анлъабилеб къоялъ квеналдаса инкар гьабулеб буго


Диваналъ колониялъул лъабго сон бихьизабурав эколог Евгений Витишкоца анлъабилеб къоялъ инкар гьабулеб буго кванидаса. «Шималияб Кавказалъул экологияб вахта» абураб гIуцIиялъ итни къоялда лъазабуна, Витишкоца вакъун чIейялъул акция лъазабунин 12 февралалдайин, ай, Краснодаралъул регионалъул диваналъ шартIияб тамихI хIакъалде буссинабураб къоялдаса байбихьунин.

2012 соналда диваналъ Витишкое гьесул кколлега Сурен Газарянида цадахъ, губернатор Александр Ткачевасул дачалъун рикIкIунеб объекталъул кьедалъе зарал ккезабиялъул гIайиб гIунтIизабун, диваналъ гьесие бихьизабуна туснахъалъул 3 сон шартIияб тамихI хIисабалда.

«Яблоко» партиялъул пресс-хъулухъалъул лъазабиялда рекъон, Витишкохъе туснахъалде щварал жамгIиял тохалчагIаз бахъараб видеохит1абалда гьес кIвар буссинабулеб буго туснахъалда квешал гIумрудул шартIал рукIиналде. Гьесул рагIабазда хвезарулел руго санитариял нормаби, камераялда ц1орораб буго.

Инсанасул ихтиярал цIунулез ва экологаз рикIкIунеб буго Витишкое гьабураб тамихIалда гъоркь политикияб кьучI бугин. Amnesty International абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ Витишко лъазавуна политикияв туснахълъун ва россиялъул нухмалъи ахIана нахъ тIамичIого гьев эркен гьавиялде.
XS
SM
MD
LG