МагъчIваялъе рес

Ливаналда гIуцIун буго цIияб хIукумат


Ливаналда 10 моцIалдасаги цIикIкIун заман бахъараб политикияб кризисалда хадуб гIуцIун буго цIияб хIукумат. Премьер-министр Тамма Саламица лъазабуна миллияб цолъиялъул хIукумат гIуцIун бугин киналго политикиял къуватазул мурадалги гIадахъ росунин. Саламица гьединго хьул загьир гьабуна президентасул рищиял гьанжесев нухмалъулев Мишель Сулейманил болжал лъугIараб мехалда исана май моцIалда тIоритIизе рукIиналдаги.
XS
SM
MD
LG