МагъчIваялъе рес

Казахстаналда экономикияб кризисалде данде тадбирал


Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевас хIукуматалъе ва Централияб банкалъе тIадкъай кьун буго Миллияб фондалдаса цо трлн. тенге ай щуго миллиардгун 400 миллион доллар биччазе миллияб валютаялъе 19 проценталъул девавальвация ккун хадусан улкаялъул экономикияб цебетIей цIунизе. Рузман къоялда хIукуматалда букIараб данделъиялда Назарбаевас хIукумат ахIана багьаби рахине риччангутIизе ва пачалихъияб хIалтIуда ругел гIадамазул харж 10% цIикIкIинабизе.
XS
SM
MD
LG