МагъчIваялъе рес

КIиябго Кореялъул гIагарал чагIи дандчIвазе руго


Пхеньян ва Сеул разилъун руго 20-билелдаса 25 февралалде щвезегIан Шималияб Кореялъул территориялда кIиябго улкаялда гIумру гьабун ругел гIагарал чагIи дандчIвазе рес кьезе. Гьединаб къотIи гьабун буго кIиябго улкаялъул тIадегIанаб данделъиялда. Жанубияб Кореялъул делегациялъул вакил Ким Гю Хеница лъазабуна Шималияб Кореялъ инкар гьабунин гьеб дандчIвай нахъе бахъеян гьабулеб букIараб жидерго тIалабалдасайин.
Гьеб тIалаб бараб букIана февралалъул ахиралда ва марталъул авалалда Америкагун рекъон Жанубияб Кореялъ гьаризе ругел рагъулал ругьунлъиязда. Пхеньяналъ гьезда абулеб буго тIадекIанцIиялъе гьабулеб хIадурлъиян. Сеулгун Вашингтоналъ тIадчIей гьабулеб буго гьел ругьунлъиязул гIицIго цIуна-къаялъул хасият букIиналда.
1950-53 соназда букIараб Кореялъул рагъдаса хадуб рикьизарурал хъизабазул дандчIваял гьарулел руго 2000 соналдаса нахъе. Ахирисеб нухалда гьеб букIана 2010 соналда.
XS
SM
MD
LG