МагъчIваялъе рес

Путиница рахъ кколеб буго Мисралъул армиялъул нухмалъулев ГIабдул Фаттах аль-Сисил


Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна Мисралъул армиялъул нухмалъулев ГIабдул Фаттах аль-Сисица улкаялъул президентасул рищиязда гIахьаллъизе гьабураб «хIукмуялъул» рахъ кколеб бугин жинцаян. Сисида ракIалда буго жиндирго кандидатураялъул лъазабизе, амма рагьун гьес гьеб жеги лъазабун гьечIо. Хамиз къоялда Москваялда Сисигун дандчIварав Путиница гьесие икъбал гьарана «тIолабго россиялъул халкъалъул рахъалдасан». Сиси вукIана демократияб куцалда вищарав ва гьанже туснахъалъув тIамун вугев президент МухIамад Мурси хъулухъалдаса рехъиялда нахъе.
Мисралда президентасул иргадулал рищиял тIоритIизе руго тIасияб соналда.
Сиси Россиялде вачIиналъе гIилла букIана Мисралъ Россиялъул ярагъ бичун босиялда хурхараб. Цо-цо баяназда рекъон, бицен гьабулеб букIана 2 млдр.долларалде бахунеб дармил. Мурси рехун хадуб гьенибе ярагъ бичи чIезе тун букIана Мисралъул яргъил рахъалъ аслияб партнер Америкаялъ.
XS
SM
MD
LG