МагъчIваялъе рес

Москваялъул кьвагьдарухъанасда гlайиб гlунтlизабун буго


Москваялъул 263-билеб школалда кьвагьдарав гIолиласда официалияб гIайиб гIунтIизабуна Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ. Гьедин лъазабулеб буго гьеб комитеталъул сайталда. Гьев васасе гьабизе буго психолого-психиатрияб экспертизаги. Рехсараб школалъул тIасиял классазул цIалдохъанас инсул туманкIгун школаллдеги вачIун 3 февралалда чIван вукIана мугIалимги цо полициявги, цоги полицияв лъукъун вукIана.
XS
SM
MD
LG