МагъчIваялъе рес

РагIул эркенлъиялъе гIурхъаби лъолел руго


Араб соналда рагIул эркенлъиялда хурхун ахIвал-хIал лъалаго квешлъун буго Америкагун Британия гIадинал демократиял улкабаздацин. Гьедин абулеб буго «ГIурхъаби лъаларел репортёрал» абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъаздагьоркьосеб идараялъул нухмалъиялъул вакил Михаэль Редискеца. Гьесул рагIабазда рекъон, цIех-рех гьабулел журналистал ва информалатазда хIалтIулел гIадамал террористазе кумек гьабулелгун дандекквезе байбихьун буго гьанже. Америкаялда рагIул эркенлъиялда сверун ситуация квешлъун буго Миллияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Агентлъиялда хIалтIулев вукIарав Эдвард Сноуденица улкаялъул балъголъаби къватIир чIвазарун хадуб.
«ГIурхъаби лъаларел репортёразул» иргадулаб щибаб лъагIалилаб доклад къватIибе загьир гьабун букIана жакъа Берлиналда.
Гьелъул баяназда рекъон, Россиялда нухмалъиялъ рагIул эркенлъи маххул гъецIалъ ккун буго.
XS
SM
MD
LG