МагъчIваялъе рес

Босниялда ва Гьерцеговинаялда дандечIей


Босниялда ва Гьерцеговинаялда рузман къоялъ рагъарарал тунка-гIуссиязда нус-нус чиясул сахълъиялъе зарал щун буго.

144 полициялъулав ва анцI-анцI бакIалъулав инсан лъукъана гIаммаб къадаралда. Риххун руго административиял минаби.

Гьениб бугеб ахIва-хIал хIалуцараблъун хутIулеб буго. Сараевоялда демонстрантаз тIалаб гьабулеб буго хIукумат хIалхьиялде ин ва ккурал гIадамал эркенлъуде риччай.

ГIадамал разиял гьечIо хIалтIи гьечIолъиялъул даража эхеде бахиналдаса, коррупциялдаса ва экономикияб цебетIей гьечIолъиялдаса.
XS
SM
MD
LG