МагъчIваялъе рес

Россиялъ «Олимпиялъул маслихIаталде» ахIи бана


2014 соналъул Хасалил Олимпиадаялъул пачалихъ-гIуцIарухъан хIисабалда Россиялъ дунялалда халат рахъунел киналго яргъил конфликтазул рахъаздехун буссун, «олимпиялъул маслихIат» чIезабиялде ахIи бана.

ТIоцебесеб иргаялда ахIи бан буго Сириялда унеб бугеб рагъул гIахьалчагIазде. Гьадинаб лъазаби хамиз къоялъ загьирабун буго Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда.
XS
SM
MD
LG