МагъчIваялъе рес

Къеркьохъаназул цевехъан чIвана Дагъистаналда


АрбагI къоялъ МахIачхъалаялда чIвана Дагъистаналъул Гъадар мухъалъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нухмалъулев Джамалудин Мирзаев. Терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ лъазабулеб буго араб соналъул декабралда Волгоградалда гьабураб кIиго кьвагьи гьабурал чагIи гьес хIадурун ругилан.

Щуабилеб февралалда Дагъистаналъул гъадар мухъалда тIобитIараб иргадулаб хасаб операциялда чIван вуго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул бетIер Мирзаев Джамалудин.

30 сон барав Мирзаевас хIадур гьарун рукIанин араб соналъул декабралда Волгоградалда теракт гьабурал чагIиян лъазабулеб буго республикаялъул низам цIунулез.

2013 соналъул декабралда Волгоградалда вокзалалда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда чIвана 15 саги цIикIкIун чи. Гьеб лъугьа-бахъин ккана декабралъул къоло ичIабилеб къоялъ.

БитIун нахъисеб къоялъ цойги вахIшияб теракт гьабуна Волгоградалда. Радал киналго гIадамал хIалтIуде гIедегIулеб гIужалъ занкIун халкъалъул цIураб троллейбус кьвагьизабуна шагьар бакьалъ хвана 16 чи лъеберго гIанасев чи.

Цебесеб къоялъ вокзалалда кьвагьи гьабурай гIадан чIужугIадан йикIанилан чIезабуна цIех-рех чагIаз.

Январалъул лъеберабилеб къоялъ терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ официаляиб куцалъ баян гьаруна гьеб теракт гьабурал гIадамазул цIарал.

Гьел кколин Буйнакскиялъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялдаса Самедов Аскарги Сулейман МухIамадовги. Гьединго рехсолеб букIана Дагъистаналдаса вацал Батировал МухIамаднабилги ТIагьирилги цIарал.

Гьел кIияцаго ритIун рагIулин дол хвалде унел Волгоградаялдеянги буго информация. Гьел кьвагьиял жидеца гьарунилан лъазаби лъун букIана Дагъистаналдаса «Виляят Дагестана» «Ансар аль Сунна» абурал къукъабаз. ГьабсагIат гьеб къукъаялъул чIей рагIула ГIиракъалда.

Сочиялда олимпиада рагьизе къоял гIагарлъидал Шималияб Кавказалдаса криминалиял темабазда хурхарал кинал ругониги информация къватIибе кьезе гьукъана хIинкъи гьечIолъи цIуниялъуд хъулухъалъ ва жанисел ишазул идараялъул вакилзабаз

Амма арбагI къоялъ Дагъистаналъул гъадар мухъалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул нухмалъулев чIваялъул баян къватIибе кьуна «Итар-Тасс» агентлъиялъ.

Республикаялда ккарал опертивиял информациязул хIакъалъулъ баян гьукъиялъул кинаб магIна букIине бегьулеб абураб суал кьуна нижеца жамгIияв хIаракатчи, полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица

Мисалалъе бегьулин цо кIудияб хасаб операциялъул тадбир унебгIан заманалда гьеб бицинчIого тезе, амма гьеб лъугIун хадуб щайин гьеб бицинчIого тезе кколебилан абулеб буго Шамиловасги.

Шамилов МухIамад: «Нилъер анир хасал операциял тIоритIулелъул тIубараб хъизам-хъизамалккун рачIуна гьенире жидерго васасда ялъуни вацасда кверде вачIаян гьаризе.

Гьединал хIужабиги рукIаго кин эб балъго гьабулеб? Халкъалда бихьизабизе ккелариш гьел кверде рачIунел гьечIолъи.

Гьеб буго азул идеологиялъулаб рагъ. Гьебин абуни гьезул кидаго кIиябго хIатIиде рекъаб букIуна. Жидехъаго хIалтIи берцинго гьабун бажаруларелъул азухъа. Гьебги буго хIакимзабазул жидерго бутIрул хIалтIунгутIи».

29 декабралда Волгоградалъул вокзалалда кьвагьиялъул бищун кIудияб къуват жиндаго тIаде босарав Маковкин Дмитрийие «Бихьинчиялъиялъул орден» кьуна гьал къоязда Президент Путиница.
XS
SM
MD
LG