МагъчIваялъе рес

"Болотная ишалъул" туснахъазул рахъ ккун оппозициялъулазул марш тIобитIана Москваялда


Москваялда Пушкинил майданалъул сверухълъиялда тIобитIана «Болотная ишалъул» туснахъазул рахъ ккураб оппозициялъул марш. «6 маялъул туснахъазе эркенлъи!», «Политикиял туснахъазе эркенлъи!» абурал ахIиял гьарулел рукIана акциялъул гIахьалчагIаз.

Оппозициялъул тадбир тобитIи дандбан букIана шагьаралъул нухмалъиялъулгун.

Марш гIуцIана «Протесталъул комитеталъ», «Солидарность» абураб багъа-башариялъ ва цогидал оппозициял гIуцIияз.

«Болотнаялъул иш» хурхараб буго 2012 соналъул 6 маялда лъугьа-бахъаралда. Доб мехалда тахшагьаралъул нухмалъиялъулгун дандбараб маршалъул гIахьалчагIазул Болотная майданалде унеб мехалда тунка-гIуси ккана милициялъулгун.

Гьеб ишалъул фигурантлъун вахъана 30 чи. Гьезул лъабгоясе диваналъ хIукму къотIана. Жидеде гIайиб гIунтIизабулев чанго чи амнистиялде гъоркье ккана.
XS
SM
MD
LG