МагъчIваялъе рес

Евромайданалъул гIахьалчагIаз щулалъизарулел руго жидерго позицияби


Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъул спикер Владимир Рыбакица гъулбасана Евромайданалъул гIахьалчагIазул амнистия гьабиялда хурхараб къануналъул проект. Гьелда рекъон, амнистия рухIалде бачIунеб буго, нагагьлъун оппозициялъ областазул, шагьаразул ва мухъазул администартивиял минаби эркен гьарун хадуб. Гьелъие бихьизабун буго 15 къо.

Амнистиялде гъоркье кколел руго захIматал такъсирал гьаричIел ккурал киналго демонстрантал.

Къанун къабул гьабиялъе гьаркьал кьезе инкар гьабураб оппозициялъ инкао гьабулеб буго гьеб къанун тIабазабизе.

Майдан цIунулез жидерго позицияби щула гьарулел руго, къуват хIалтIизабун жалго риха-хочинаризе ресал къотIизарунин, лъазабун буго майданалъул комендант, ТIадегIанаб Радаялъул оппозицияв депутат Андрей Парубийица. Гьесулго рагIабазда, гьаркьал кьун хадуб оппозициялда бихьулеб буго жибго гуккулеб букIин, манифестантал Майданалдаса нахъе унаро ва ккурал минаби эркен гьаруларо.
XS
SM
MD
LG