МагъчIваялъе рес

Сугъралъа ГIалириза – гIалимчи ва мугIалим


Сугъралъ росу
Сугъралъ росу

«Халкъалъул лъаялъул даража гьенир ругел школазул къадаралдалъун борцани Дагъистаналъул магIарулал рикIкIине бегьула гIемерисел цере тIурал улкабазул халкъаздасаги цере араллъун» - ин хъван букIана машгьурав филолог П.К.Усларица.

«Щибаб мажгиталда цебе буго мадраса гIелму босизе бокьарав чиясе санагIаталъе» - янги хъвана гьес. Цогидав тарихчи М.Н.Покровскияс хъвалеб буго: « Гьаб ганчIазул ва кьурабазул гохI рикIкIине бегьул Кавказалда бищунго хъвай-цIали ва гIелму цебе тIураб бакIлъун» - ин. Дагъистаналъ гIелмиял кадрабаздалъун хьезабулеб буго Шималияб Кавказги, Поволжьеги, Шималияб Азербижангиянги хъвалеб буго гьевго гIалимас.

XVII абилеб гIасруялда Дагъистаналда байбихьула рухIияб культураялъул, гIелмуялъул ва гIараб ва бусурманаб гIелмуялъул цIилъи ва цебетIей.

XVI-XVII абилел гIасрабазда раккана Дагъистаналда философияб пикруялъул ва гIелмуялъул централ Дербенталда, Гъумекиб, Сугъралъ, Усиша ва Муги, гьенир раккана тIоцересел адабияталъул хъвай-хъвагIаял. Гьел гIасрабазда байбихьана гIарабалдаса Дагъистаналъул мацIазде гIелмиял ва адабияталъул хIалтIабазул таржамаги, гIажам хъвай-хъвагIайги. Дагъистаналъул росабалъ рагьана гIараб мактабал. Цо-цо дагъистаниял гьанир гьел мактабалги лъугIун гIелму камил гьабизе тIадеги унел рукIана гIараб пачалихъазде, къватIире.

Аслияб къагIидаялда нилъер мактабазда малъулаан битIун цIализе ва ракIалдаса Къуръаналъул сураби лъазаризе. Гьел мактабазул кIудияб кIвар букIана гIараб мацI, грамматика ва словарал хъвазе ва лъазаризе. Гьел гIасрабазда цохIо Дагъистаналда гурел къватIирги машгьурал гIалималлъун рукIана Къудукьа Мусалав, МохIоса Дамадан, ГIободаса ШагIбан, Ахаралдаса ГIабдулбасир, Къамахалиялдаса ГIумар, Сугъралъа ГIалириза, Дусрахъа ГIумар, Кулиялдаса МухIаммад, Ругъжаса МухIамад ва Гъумекиса Нажмудин.
Сугъралъ – гIелмуялъул къебелъи.

ТIадехун рехсаралдаса бихьулеб буго дунялалъул гIелмиябгун литературияб гIумруялъулъ хасаб бакI Дагъистаналъ кколеб букIараблъи. Гьез жидерго бутIа лъуна Кавказалда, Поволжьеялда ва Казаналда. Гьеб гIелмияб хIаракаталъулъ хасаб ва кIудияб бакI кколаан Сугъралъ росдаца. Гьединлъидалин Гъумекиса Жамалудин устарасул вас ГIабдурахIманица хъвараб: «Сугъралъ росу рикIкIуна гIелмуялъул иццлъун, Аллагьасукьаги хIинкъулел, иманги щулиял бахIарзазул, месед гIарацалъул ва маххул устарзабазул росулъун.

НекIо заманалдаса нахъе Сугъралъ машгьураб букIана лебалал чотIахъабаздалъун, гIужилал кьвагьдохъабаздалъун, шайихзабазул хабалаз ва берцинал руччабаздалъун. ТIубараб Дагъистаналда батиларо Сугъралъ росдаде бахунеб росу» - ян.

Сугъралъ буго некIсияб магIарул росу, кидаго машгьураб букIана гьеб гIалимзабаздалъун. Гьоркьохъел гIасрабаздаса нахъего гьеб букIана Дагъистаналъул гIелмияб центрлъун, гIараб гIелмуялъул гIалимазул ва жамгIиял хIаракатчагIазул ватIанлъун.

Философияб гIелмуялъул доктор М.ГIабдулаевасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда тIоцересезул цояб ва цIакъго машгьураб букIун буго Сугъралъа ГIалиризал мадраса. Гьенив лъагIалида жанив цIалулев вукIун вуго 150-200 мутагIил. Гьенир гIицIго магIарулал гурел жидер росабалъ мадрасабиги лъугIун гIелму камил гьабизе рачIунел рукIун руго даргиял, лезгиял ва тумал. Гьениб жидерго гIелму камил гьабуна машгьурал гIалимзаби Къудукьа Мусалас, ЗамиргIалица ва гь.ц.

Сугъралъ росдаца Дагъистаналъе кьуна гIемерал машгьурал гIалимзаби.
XVII абилеб гIасруялда гьениса рачIарал кIудиял гIалимзабилъун рикIкIуна кIигояв: МухIаммад б. Сатмар б. ДахIай ас – Сугъури (хвана 1036/1626-27 с) ва цIакъго машгьурав гIалим фикгьиялъул хIадис гIелмуялъул чирахъ ГIалиризаАфанди ас-Сугъури (999/1590г. – 1088/1677-78г.).

Сугъралъ
Сугъралъ
Гьесул рахъалъ ругел хъвай-хъвагIаязда абулеб буго гьев вукIанн цIакъго вацIцIадав ва жиндихъе бугебщинаб гIелму мутагIилзабазе кьолев чиян. Жиндир цо тIехьалда Къудукьа Мусалас ракIалде щвезавулеб буго жиндир мугIалимлъун вукIарав Сугъралъа ГIалиризаца квералъ цониги гъалатI гьечIого хIикматго берцинго хъвараб тIехь «ал-МасихI», гьениб я баяназулъ, я игIрабазулъ, я тексталъулъ цониги гъалатI батичIин.

ГIалиризал гIумру ва хвел

ГIалириза гьавун вуго Сугъралъ росулъ 999/1590-91 абилеб соналъ Жанайилал тухумалъул динияб хъизамалда. ГьитIинго хIаракат бахъулеб букIун буго ГIалиризаца хъвай-цIали лъазе. ГIагараб росулъ жиндирго инсуда ва цогидал росдал гIалимзабазда цебе щвана ГIалиризае байбихьул лъай – Къуръан цIали ва гIараб грамматика. ГIалиризада цереги рукIун руго росулъ тIад чIун фикъгьиялда ва гIараб мацIалда тIад чIарал. Масала, 1589 абилеб соналъ ГIалил вас МухIамад абурав сугъралъесги, Хачакил вас ГIали абурав хунзахъесги машгьурав доб заманалъул гIалим, къади Ибрагьимил вас МухIамадида цере цIалун рукIаго хъван буго фикъгьиялъул хIалтIи Уджала ал-мухтадж абураб. Гьениб абичIого гIоларо Сугъралъа ГIалил ва МухIамадил букIана гIараб гIелмуялъул лъикIаб лъай ва берцинаб хатI.

Гьел соназда Сугъралъ росулъ щвараб лъаялда гIей гьабун чIечIого Дагъистаналъул батIи-батIиял гIалимазабазда цеве гIелму камил гьабизе унев вукIана ГIалириза. Гьениса тIад вуссун хадув росулъ жиндирго мадрасаги рагьун бажарараб хIалалъ гIелму малъизе байбихьана ГIалиризаца. Гьоркьоб заман инелде гьеб лъугьана цIакъго машгьураб бакIлъун. Нижехъе щварал хъвай-хъвагIаяздалъун бихьулеб буго ГIалиризал мадраса гIицIго динияб ва гуманитарияб лъаялдалъун гуреб естественниял гIелмаби малъулеблъунги букIараблъи.

После окончания изучения некоторых предметов арабоязычных наук у местных алимов, Алириза совершенствовал свои познания за пределами родного Согратля у известных в то время дагестанских учёных. К сожалению, более конкретными сведения у нас, к сожалению, пока нет. Гьеб заманалъул гIалимзаби Къудукьа Мусалав, ГIалириза ва МохIоса Дамаданица цIалулел рукIарал тIахьахъ хал гьабурабго бихьулеб буго Дагъистаналда гIелму цIакъ гIатIидго ва тIаде гIанаб даражаялда лъазабулеб букIараблъи.

Машгьурав гIалим, профессор Сиражудин ХIайбулаевасул пикруялда Сугъралъа ГIалиризада цеве Къудукьа Мусалав цIалун вуго 1673 – 77 абилел соназда: «… 1668 абилеб соналъ жиндирго мугIалим ШагIбан – къади хун хадув Къудукьа Мусалав гIелму босизе Ругъжаса Абубакарихъе ун вуго. Гьесул мадрасалда цIалун вукIаго ячун йиго жиндир мугIалимасул яс Марямги, гьеб росулъго вукIунги вуго кидаго, гIицIго 1673-77 абилел соназда Сугъралъа ГIалиризада цере цIалулел сонал хутIун» - ин хъвалеб буго ХIайбулаевас.

Къудукьа Мусласул рахъалъ жиндирго машгьураб хIалтIулъ «Табакъат ал-хваджакан ан - Накъшубандийа» Багинуса ШугIайб – Афандияс хъвалеб буго: « фикъгьиялъул ва хIадис гIелмуялъул гIалим, гъваридаб гIелмуялъул ва лъикIаб лъаялъул амирзабазулги амир Сугъралъа ГIалиризада цеве цIалана Къудукьа Мусалав. Мусалас гьесда цебе цIалана Къуръан, тафсир, хIадисал, гIараб мацIалъул грамматика, фикъгьи ва мантIикъ гIелму (логика)» - ян.

Сугъралъа ГIалириза кIудияв ва жиндир заманалъул машгьурав гIалим вукIиналъул гьадинал хъвай-хъвагIаял гурони гIаммаб къагIидаялъ гьесул гIумру ва гIелмияб хIаракат бихьизабурал хIалтIаби жеги нилъехъе щун гьечIо. Гьединго баянаб буго Къудукьа Мусаласул гуерв цогидав машгьурав гIалим МохIоса Дамаданилги мугIалимлъун ГIалириза вукIаравлъи. Масала гьелъул рахъалъ жиндирго «Дагъистан бусурман гьаби» абураб хIадтIулъ КIогьориса ГIабдуразакъил МухIамад-апандияс абулеб буго: « Сугъралъ росдал хабзалалъ руго Сурхай – ханасул, ГIалириза устазасул, Мусаласулгун Дамаданил ва Будал АхIмадил хабал…» абун.

Дамадан гIезегIан заманаялъ кIудияв вукIана Къудукьа Мусаласдаса, гьединлъидал гьев цIалана Хъазахъиласул мадрасалдаги. Гьев кIиго мутагIиласдалъун лъугIулареблъи ГIалиризал мутагIилзаби хIакъаб жо буго, амма киназулго цIарал щвезе рес рекъолеб гьечIо. Сугъралъа ГIалиризал библиотекаялдаса цIунараб жо буго гьесулго квералъ хъвараб цохIо тIехь, гьебги гIелмияб централда гуреб хасав чиясухъ буго. Гьеб буго дагьав цевегIан гIумруялдаса ватIалъарав ГIалиризал тухумалъул чи ХIабибов ХIажи. Гьесул рокъоб буго гьеб тIехь, жеги цониги гIалимчи хIалтIичIо гьелда тIад. ГIалиризал кIиявго машгьурав мутагIил ва гIалимзаби Къудукьа Мусаласулги МохIоса Дамаданилги рукIана жидерго гIелмиял школал. Мусалав гьетIарав вукIана гуманитариял гIелмабазде, Дамадан – естествениял.

1087 (1676-77) соналъ 86 сонил гIумруялда Аллагьасул къадаралде щвана Сугъралъа ГIалириза. Бицен буго хутIун гьев вукъулеб лахIзаталъ хабада тIад боржанхъулеб макказул руккел букIанинги. ГIалириза вукъун вуго Сугъралъ росдал некIсиял хабалалъ. Гьенибго буго хабада тIад бараб хIужраги наслабаз шайихасул адаб гьабиялъул гIаламатлъун. Шайих хун хадусеб заманалда чанго гIасруялъ цебе бараб бугониги лъикI цIунун хутIун бугоан гьеб,наслабаца тIаса квер босичIеб къагIида.


Квеш ккараб жо буго машгьурав гIалим, тIоцебе Дагъистаналда мадраса рагьаразул цояв, лъикIал гIалимазул мугIалим Сугъралъа ГIалиризал гIумруги, хIаракатги камилго лъазабичIого хутIи наслабаца. Нижер пикруялда Дагъистаналъул гIелмуялъул тарихалъе гьеб буго кIвар бугеб ва хIажатаб рахълъун. ГIицIго гьеб рахъ лъазабун кIвезе буго нилъеда лъазе, анализ гьабизе ва къимат кьезе гIараб гIелмуялъул ва адабияталъул Дагъистаналда гIелмугун лъай цебе тIеялъе букIараб кIваралъул.
XS
SM
MD
LG