МагъчIваялъе рес

Аль-Сиси лъугьун вуго фельдмаршаллъун


Мисралъул тIадегIанаб рагъулаб идараялъул бетIер Абдель ФаттахI аль-Сисие кьун буго фельдмаршаласул цIар. Гьединаб буюри итни къоялда гъулбасун буго Мисралъул президентасул тIадкъаял заманалъ тIуразарулев Адли Мансурица.

Президентасул рищиязул заман Мисралда гьанжеги мухIкан гьабун гьечIо. Цо-цо информалатаз лъазабулеб буго, гьезда жиндирго кандидатура Аль-Сисицаги лъезе бегьулин.

Аль-Сисил нухмалъиялда гъоркь араб соналъул июлалда нухмалъиялдаса махIрум гьавун вукIана президент-исламист МахIамад Мурси. Гьелдаса хадуб улкаялда хIалуцин цIикIкIана. Мурсил рахъ ккураз ризго тIоритIула протесталъул акцияби. Аслияб къагIидаялда гьел акцияби рагIалде рахъуна зулмуялъул актаздалъун.
XS
SM
MD
LG