МагъчIваялъе рес

Украиналъул министерлъиял тун руго оппозициялъулаз


Киевалда оппозициялъул рахъ кколез Юстициялъул ва Энергетикияб министерлъиязул минабазде жанибе нух рагьун буго.

Украиналъул «Сегодня» абураб интенет-сурсаталъ лъазабухъе, кIиябго идара гьанже хIалтIулеб буго гIадатияб режималда. Гьезул сверухълъиялда низам цIунулеб буго яргъид гIуцIараб хъаравуллъиялъул гIуцIиялъул хIалтIухъабаз. Митингалъул гIахьалчагIи аскIорехун гьечIо.

Оппозициялъулазул контролалда гъоркь хутIулеб буго Аграрияб политикаялъул министерлъиялъул мина. Гьелъул кабинетазда квачаялдаса хвасарлъулел рагIула протесталъул гIахьалчагIи.
XS
SM
MD
LG