МагъчIваялъе рес

Женеваялда шамалъул делегацияз дандаразе руго гуманитариял суалал


Женеваялда халат рахъунел руго шамалъул оппозициялъул вакилзабазда ва президент Башар Асадил хIукуматалъул делегациялда гьоркьор кIалъа-ралъаял. Цо-цо баяназда рекъон, гьез дандразе руго гуманитариял суалал, гьездаго гьоркьор туснахъазда ругел руччабигун лъимал нахъе риччайин оппозициялъ цере лъуралги.
Гьел руго 2011 соналда Шамалда конфликт байбихьаралдаса нахъе гьел рахъазда гьоркьор тIоритIулел тIоцересел кIалъа-ралъаял. Гьел унел руго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ва гIарабазул улкабазул Лигаялъул рахъалъан хасав вакил Лахдар Брахимица гьоркьохъанлъиги гьабунин.
«Женева-2» абун цIар щвараб гьеб форум рагьун букIана арбагI къоялда швейцариялъул Монтрё шагьаралда. Гьелъул мурад буго Шамалда 2011 соналдаса нахъе халат бахъунеб жанисеб конфликт ракълидалъун рагIалде бахъинабизе нухал ралагьи. Гьеб конфликталъул къурбаналлъун ккун вуго гьанжеялде 110 азарго чи.
XS
SM
MD
LG