МагъчIваялъе рес

Лебедев къватIиве виччалев вуго


Россиялъул ТIадегIанаб диваналъ хамиз къоялда гьабуна туснахъалъуса Платон Лебедев къватIиве виччазе хIукму. Гьеб ккола Михаил Ходорковскийго гIадин ЮКОС компаниялъул хважаиназул цояв.
2005 соналъул маялда гьел кIиязего кьун букIана туснахъалъул ичI-ичI сон. Гьезда гIунтIизабулеб букIана пачалихъалъе рекIкI гьабиялъул ва магъалоял кьолел рукIинчIолъиялъул гIайибал.
2010 соналъул декабралда гьезие тIадеги кьун букIана туснахъалъул анцIила ункъ-ункъ сон. Гьеб мехалда гьезда гIунтIизабулеб букIана цIогь гьабиялъул ва бикъун щвараб хайиралъул легализайия гьабиялъул гIайибал. Хадуб гьеб тамихI анцI-анцI соналде щвезегIан тамах гьабун букIана. Лебедев туснахъалъуса виччазе кколаан исана маялда. Ходорковский къватIиве виччан вукIана 20 декабралда ва туснахъалъусанго ана Алманиялде.
XS
SM
MD
LG