МагъчIваялъе рес

МахIачхъала – бищун хIинкъигьечIеб шагьар


МахIачхъала
МахIачхъала

Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялъе кьун буго гIадамаз гIумру гьабияле ва тIабигIиял балагьаздаса цIуна-къаялъул рахъалъ республикаялда бищунго хIинкъи гьечIеб шагьар абураб цIар. Чанго соналъ цебе гьелъие кьун букIана Россиялъул бищунго лъикIаб шагьар абурабги цIар. Амма доб мехалъ гIемерав чияс гIад-хочI гьабулеб букIана гьединаб хIукму. Гьединабго пикру буго гIемерисел дагъистаниязул бищун хIинкъигьечIеб шагьар абураб цIар МахIачхъалаялъе щвеялда тIасанги.

Дагъистаналда бищун хIикъи гьечIеб шагьар абураб цIар МахIачхъалаялъе кьун буго цIаккеялдаса, халкъалъул рукIа рахъиналъе лъикIал шартIал рукIин, тIабигIиял балагьазул хIасилал хехаб куцалда тIагIинарун бажариялда жанир рихьизарурал хIасилалги хIисабалде росун. 21 январалда ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакилас дипломги кубокги кьуна МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев Рабаданов МуртазагIалие.

КIиго соналъ цебе гIадин МахIачхъалаялъе щун букIана Россиялъул бищун лъикIаб шагьар абураб цIарги. Амма киналгоялде гIагарун дагъистанияз гIад-хочI гьабулеб букIана гьеб хабар. Щибги хIисабалде босунин кьураб гьединаб цIар МахIачхъалаялъе? Гъизарал, кьищни къулалъул цIурал къватIалги, автомобилазул халатIал читIирал лъугьун нухда гIадамазе лъугьунел квал-квалалги, лъим яги канлъи къотIизабун гIадамал гIарзахъдизе тIами гIемерал гIузраби рехсолел рукIана гIадамаз гьелъие мисаллъун. Доб мехалъ МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун вукIана СагIид Амиров. Араб соналъул июналда гьев вачун аравго заманаялъ ректорасул ишал тIуразарулевлъун тIамуна ДГУ-ялъул ректор Муртазали Рабаданов.

ГIумру гьабиялъул рахъалъ Дагъистаналда бищун хIинкъи гьечIеб шагьар абураб цIар МахIачхъалаялъе кьун буго 2013 соналъул хIасилалги хIисабалде росун.

Тахшагьаралъе гьединаб цIар кьеялда гIажаиблъи гьабулел ва гьелдаса рази гьечIел гIадамал гIемерал ругин, амма МахIачхъала гьеб цIаралъе мустIахIикълъанилан рикIкIунеб буго ГIабдурашидов МухIамадица. Гьев ккола МахIачхъалаялъул администрациялда информациялъулаб политикаялъул нухмалъулев.

Щаялиго гIадамазда цохIо квешал гурони гьабураб хIалтIул лъикIал рахъал рихьуларин, амма шагьаралъул нухмалъиялъ хIалтIи гьабулеб бугилан бицана гьес.

Мисалалъе ГIабдурашидовас рехсана цIаккеялдаса цIуна-къаялъул мурадалда гьарулел хIалтIаби, гьедин тахшагьаралъул кванил нигIматал ричулеб кIиабилеб базаралда жанибе унеб нух цIакъ къваридаго букIанин цебе, гьанже цIасвинабулезул автомобиль жание эркенго унеб куц гьабун бугилан. Гьел гурел цогидалги мисалал рехсана ГIабдурашидовас.

ГIабдурашидов МухIамад: «Гьанир киналго рази гьечIого руго сундухъ МахIачхъала гьединаб къиматаб цIаралъе мустIахIикълъараб абун, нилъер шагьаралъул гIадамал жалго ругьунлъун руго гIумру гьабиялда жаниб рацIцIа-ракъалъи цIуничIого цогидазде гаргадизе. Мунго гIумру гьабун вугеб шагьаралъул къимат дуца гьабичIони цогияв чияс кин гьабизе бугеб. ГIаммаб куцалда шагьаралда церечIарал масъалаби тIуразе нижеца хIаракат бахъулеб бугогури».

Фейсбук сайталда буго «Буго гьадинаб ракIгъанцIизабулеб шагьар» абураб группа. Гьенир батIи-батIиял гIадамаз лъола МахIачхъалаялда гьечIеб рацIцIа-ракъалъиялъулги, гьечIеб гIадлу-низамалъулги бицунел суратал. Гьел суратал тIадеги цIикIкIана гьал къоязда МахIачхъалаялда гIазугун цIад жубараб лъамалъиялъ щагьаралъул къватIазда лъугьинабураб захIматаб ахIвал-хIалалъул бицунел суратаздалъун. КIиго къоялъ тахшагьаралъул гIадамал хутIун рукIана лъим ва канлъи гьечIого.

Гьеб гуребги 2013 соналъ бищун лъикIаб шагьар абураб интернеталда тIобитIараб цIех-рехалъул хIасилалда МахIачхъалаялъе щун буго бищун ахирисеб бакI. Интернеталдасан гьаркьал кьураз бищун лъикIаб шагьар абун цIар чIван буго Смоленск шагьаралда, Москва ва Санкт-Петербургалъе щун буго 57 ва 35 бакI. Дагъистаналъул тахшагьар гьеб сияхIалда буго 81 абилеб бакIалда.

XS
SM
MD
LG