МагъчIваялъе рес

Украиналъул милициялъе рес буго демонстрантазда цIорораб дунялалдаги лъим речIчIизе


Киев, Январь 22, 2014
Киев, Январь 22, 2014
Украиналъул хIукуматалъ изну кьуна милициялъе жамгIияб парахалъи чIезабизелъун демонстрантазда цIорораб дунялалдаги лъим речIчIизе. Гьал къоязда Киевалда буго квачалъул 10 градус.
МухIкан гьарурал баяназда рекъон, арбагI къоялда Киевалда гулла щун хун вуго кIиго чи, цояв-Украиналъул гражданин, гьесул миллат арменав букIун буго. КIиабилев хварав чи рагIула Белоруссиялдаса.
Киевалъул Грушевский къотIноб бугеб Лобановскиясул колоннадаялдаса вортарав чи чIаго вуго. Гьедин лъазабун буго «Украинская правда» газетаялъе Киев шагьаралъул №17-билеб азарханаялъул бетIерав тохтур Николай Деминица. Цебе лъазабулеб букIана гьевги хун вугин.
Украиналъул президент Виктор Янукович гьаб сагIат дандчIвалев вуго оппозициялъул лидерал - Арсений Яценюкгун, Виталий Кличкогун ва Олег Тягнибокгун.
Киевалда брифингалда кIалъалаго улкаялъул вукIарав жанисел ишазул министр Юрий Луценкоца абуна «УДАР» партиялъул лидер Виталий Кличкол нухмалъиялда гъоркь заманалъулаб хIукумат гIуцIани лъикIаблъун бихьулин жиндайин.
XS
SM
MD
LG